Аслияб гьумералде

ХIежалъул хиралъи

ХIежалъул хиралъи

ХIежалъул хиралъи

Ибрагьим Аварагас КагIба бан бахъиндал Аллагьас гьесде амру гьабуна гIадамал хIеж гьабизе ахIеян. Дицани ахIилин, гьезда кин гьеб рагIилебин абун Ибрагьимица гьикъидал, Аллагьас абуна: «Дуца ахIе, рагIизе дица гьабила,» - ян. Гьеб мехалъ Ибрагьим аварагас ахIана: «Ле, гIадамал, Аллагьас нужеда хIеж тIад гьабуна, нужеца хIеж гьабе!» - абун. Ибрагьимил гьеб ахIи рагIаралщинал заррабаз гьесул ахIиялъе «Лаббайка» абун жаваб гьабуна ва жаваб гьабиялъул къадаралда дунялалде рачIун хадуб гIаламалъ хIежги гьабуна.

 

ХIеж ккола цересел аварагзабазги гьабураб, нилъер умматалдаги, гIумруялда жаниб цо нухалъ гьабизе тIад гьабураб исламалъул щуабилеб рукну.

«Ресги букIаго хIеж гьабичIев чи бокьани жугьутIавлъун, бокьани насраниявлъун хва», - ян абун буго Аварагас ﷺ. ХIежалъул хиралъиялъул бицун Аварагас ﷺ абун буго: «Къабулаб хIежалъе кири алжан буго», - ян.

Гьединго Аварагас ﷺ абуна: «КагIба-рукъалде хIеж гьабун щив чи вугониги, гьев эбелалъ гьавураб къоялъ гIадин мунагьаздаса вацIцIалъила», - ян.

Цоги хIадис буго: «ХIажизабиги гIумра гьабизе рахъаралги Аллагьасул рукъалде зияраталъ бачIунеб къокъа буго, гьез гьарани гьезие Аллагьас кьола, тавбу гьабуни мунагьал чурула, гьабураб дугIаги, гьезул шапагIатги къабул гьабула», - ян.

ГIумар-асхIабас абун буго: «ХIеж гьабурав чиясулги, гьес мунагьал чурагиян гьарарасулги мунагьал чурула зулхIижат, мухIаррам, сафар моцIаз ва рабигIул аввалалъул къого къоялъ. Гьединлъидал, цере рукIаразул гIадат букIун буго гъазаваталде унел чагIи тIоритIулел, хIажизабазда дандчIвай гьабулеб, гьезул надалда убачги гьабун, жидер мунагьал чуреян Аллагьасда гьареян гьезда гьарулеб, хIажизаби мунагьаздаса рацIцIадго рукIаго, мунагьаз гьел чорок гьарилалде.

ХIежалде вахъине къасд гьабурав чиясе рекъола тавбу гьабизе, чияр хIакъал тIад ратани, рецIун яги тIаса лъугьин гьарун, хIакъаздаса вацIцIалъизе, тIадвуссинчIого хутIизеги бегьулелъул. Жив хIежалдаса вуссинегIан гIураб хIалалаб боцIи-малги тезе ккола жинца хьихьизе кколел эбел-инсуеги хъизамалъеги. Нухда босизе хIадуризе ккола хIалалаб боцIи, хIажалъани цадахъ ругезеги кумек гьабизе гIураб къадаралда, хIежалъул нухда кьураб боцIи гъазаваталъе кьуралда бащалъула, садакъаде кьураб цо диргьамги азаргоялде бахуна.

ЛъикIал, Аллагьасукьа хIинкъарал, кумек гьабулел гьалмагъзабиги ралагьизе рекъола.

Рокъоса къватIиве вахъиналде цебе суннатаб буго кIиго ракагIаталъул как базе. ТIоцебесеб ракагIаталда «АлхIамалда» хадуб «Къул я аййугьал кафирун», кIиабилеб ракагIаталда - «Къул гьува ллагьу ахIад» цIалила. Гьеб бан хадуб, квералги цере ккун, Аллагьасда гьарила сапар бигьа гьаби, сапаралъул хIал баччизе кумек, агьлу-хъизан цIуни.

Сапаралъул адабаздасан ккола какил ратибатал ва цогидал суннатал каказда тIадчIей гьаби, гьезул хиралъи суннатаб хIежалъулалдасаги цIикIкIине бегьулелъул.

ХIеж тIалъула балугъав, гIакъилав, узденав, боцIулги черхалъулги рахъалъан хIалкIолев бусурбанчиясда, гIумруялда жаниб цо нухалда гьабизе. Черхалъул рахъалъ хIалкIоларев чиясул боцIи бугони, гьесда тIалъула жиндасаго хIеж гьабизе цоги чи вакил гьавизе. ЧIагояв чиясдаса хIеж яги гIумра гьабизе бегьуларо гьесдаса вакиллъи босун гурони. Хварав чиясдаса бокьарав чияс хIеж гьабизе бегьула. Цогидасдасан хIеж гьабулев чи вукIине ккола жиндасаго цо нухалъ хIеж гьабуравлъун. Рес бугев чи хIеж гьабичIого хвани, гьес нахъе тараб боцIудасан, гьесдасан паризаяб хIеж бецIизе тIадаб буго.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...