Аслияб гьумералде

Иманалъул нур

Иманалъул нур

Иманалъул нур

Инсанасе жакъа дунялалдаги, метер ахираталдаги талихI букIиналъе бищун чара гьечIого хIажалъулел дару-сабабазул цояб ккола жинца лъикIаб рахъалде пикру хIалтIизаби ва гьелдаса пайда боси.

 

Пикру гьабеян абулелъул магIна ккола, ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ хIалкIолъиялъулги тIадегIанлъиялъулги, Гьес ﷻ гIажаибго бижун бугеб зоб-ракьалъулги, махлукъаталъулги пикру гьаби. Гьелъул аслияб мурадги ккола пикруялдалъун гIелмуги цIикIкIинабун, БетIергьанасдеги ﷻ щун, илагьияб нуралъ ракI гвангъизаби. Гьединлъидал инсанас хIаракат бахъизе ккола хIалкIун гьеб лъикIаб рахъалде буссинабизе.

Гьеб пикру гьабиялде кIвар кьун ахIулел хирияб Къуръаналъул аяталги аварагасул ﷺ хIадисалги гIемер руго. Гьениб рехсон буго гьаб магIнаялда бугеб аятги: «Зоб-ракь берцин гьабун бижиялъулъги, сордо-къо хисизабиялъулъги гIакълу бугел, цIодорал чагIазе пикру гьабизе гIурал хIикмалъаби руго», - абун. Хадусеб аяталда мухIканго баян гьарун руго гIакълудал бетIергьаби щал кколелалиги: «Гьединал цIодорал, гIакълуял гIадамал ккола жидеца регун, рахъун, гIодорчIун рукIаго Аллагьги рехсолел ва зоб-ракь бижиялъулги гьезул хIикматазулги пикруги гьабун жидецаги абулел: - Я, БетIергьан Аллагь, Дуца гьаб кинабго гIадада бижичIо (хIакъалдалъун гурони), нижеца Мун Дуе данде кколарел, киналго сипатаздаса вацIцIадги гьавула ва Мун разияб гIамалги кьун, битIараб нухдеги тIоритIун, дуца ниж цIадул гIазабалдаса цIуне», - ян.

Аварагас ﷺ абун буго: «ТIадегIанав Аллагьас бижараб махлукъаталъул пикруялда цо сагIаталъ вукIин, цо соналъ гьабураб гIибадаталдасаги хирияб буго», - ян.

Аллагьас ﷻ нилъ гьареги пайдаяб жоялъулъ пикру гьабулелъун.

 

МухтарахIмад МухIаммадов

 

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...