Аслияб гьумералде

Къабуллъизе ккани…

Къабуллъизе ккани…

Къабуллъизе ккани…

ЗахIматаб хIалалде ккедал бусурбанчияс БетIергьан Аллагьасда гьарула гьеб тIаса босейилан. Гьеб буго бусурбанчиясул лъикIаб хасият. Аллагьасе бокьула лагъас гьаризе. Дида гьаре, гьарани кьелин Гьес жинцаго абулебги буго. КигIан гьитIинабги цIакъго кIудиябги – кинабго Аллагьасдасан букIин бихьизе ккола ва гьединлъидал гьесда гьаризе тIадаб буго. ГIали-асхIабас (р.гI.) абулеб букIун буго хьитазул чIологIанасеб жогицин жинца БетIергьан Аллагьасдасан тIалаб гьабулин.

 

Бусурбабаз Аллагьасда ﷻ гьарула, жаваб щвеялде хьулги лъола. Гьеб лъикIги буго. Жаваб щвезе кватIани, батIи-батIиял пикраби ботIролъе рачIуна, ракIбуссун лъугьуна. ГьадигIан цIакъ хIелун гьабидалги дугIа щайха къабул гьабуларебин зигардула. Тамахго абуни, гьединаб балагьи ритIухълъи жиндилъ гьечIеб буго. Щай?

Бичасул Авараг ﷺ гIахьаллъараб цо мажлисалда Къуръаналъул гьаб аят цIалун буго асхIабас (магIна): «Ле, гьал гIадамал, ракьалда бугеб жоялдаса хIалалго, бацIцIадго кванай нужеца», - ян. Гьелдаса хадуб Абу Вакъасил СагIд-асхIабас Аварагасда ﷺ абун буго, дугIа къабулавлъун гьаве дунин абун щай Аллагьасда ﷻ гьаруларебин. «Ле, СагIд, - илан абун буго Аварагас ﷺ, - дурго кванилъ рацIцIалъи чIезабе, дугIа къабулавлъун лъугьина мун. Дир нафс жиндир кверщаликь бугев Аллагьасдалъун ﷻ гьедун абила, чияс жиндирго чохьониб лъола хIарамаб лукъма, цинги гьеб сабаблъун кIикъого къоялъ гьесул дугIа къабул гьабуларо. ХIарамаб кванан къаркъалаялда гьан бижарав чиясе рекъараб жоги жужахIалъул цIа буго», - ян.

Бихьулищха бугеб куц? ТIасан кIал дугIаялдалъун гаргадараб гIолеб гьечIо. ДугIа къабуллъизе ккани, тIоцебесеб иргаялда, хIалалаб квен кванаялдалъун гъоркь бакI къачIан букIине ккола. Гьединаб кьучI гьечIого дугIа гьабулев чи доб щакдариялде ккезе рес букIуна. ХIасилалда, лъикIлъи бокьун гьабулеб букIараб квербагъари жиндиего заралалъе ккараблъун батула. ДугIа къабуллъулеб гьечIин зигарди ва щакдари лагъасул иманалъе битIахъегояб хIинкъи бугеб жо кколелъул.

Цогидазул гуреб дур дугIа къабуллъиялъе бугеб сабаб щиб, я Бичасул Аварагилан ﷺ асхIабзабаз гьикъидал, Аварагас ﷺ абун буго: «Дица дирго кIалдиб цониги лукъма лъечIо киб гьеб баккараб ва киса гьеб бачIарабали лъачIого».

Живго Аварагасги ﷺ жиндирго дугIа къабуллъиялъе гIиллалъун бихьизабулеб буго хIалалаб квен кванай. Узухъда, нилъер ракIчIараб буго Авараг ﷺ кинабго гIодобегIанщиналдаса, хIарамлъи-шубгьаялдаса рикIкIадав вукIиналда. Ва щибго гIилла-сабабалда базабичIого Аллагьас ﷻ гьесул дугIа къабул гьабиялдаги нилъер щаклъи гьечIо. Нилъеца балагьи буссинабизе кколеб бакI буго Аварагас ﷺ бихьизабураб дугIа къабуллъиялъе сабабалде, ай хIалалаб квен кванаялде.

 

МухIаммад Гъазиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...