Аслияб гьумералде

Тагьажудгун рогьалил как бай - инсульталдаса хвасарлъи

Тагьажудгун рогьалил как бай - инсульталдаса хвасарлъи

Щиб жо кколеб инсульт?

 

Бидул хьвадиялдалъун лугбузухъе щола кислород ва клеткаби хӀалтӀизе хӀажатал нигӀматал. Бидул хьвадиялъул сакъатлъи бугеб мехалда кислород ва кванил нигӀматал гIадалнахалъул клеткабазде щоларо, гьелъул хIасилалда гьел хола ва неврологиял унтабазул гIаламатал загьирлъула.

Инсульт ккола ботӀрол лугбузулъ би хIалтIиялъул иш сакъатлъи, гьелдаго цадахъ хехго загьирлъула нервабазул системаялдаса унтиялъул гӀаламатал. Гьелъ унтарасе сакъатлъи ккезабизе бегьула, хIатта хвезецин рес буго.

 

Инсульталъул тайпаби

  1. Ишемическияб. Гьеб ккола гьоркьоб щиб бугониги жоги къан, гIадалнахул бидурихьал къварид рукӀиналъ, би хьвади загIиплъи, ай бетӀералъул циркуляция хвезаби. Гьелъул хӀасилалда гIадалнахул клеткабазе кислород ва кванил нигӀматал щоларо, гьел хвезарула.
  2. Геморрагикияб инсульт. Гьеб ккола бидурихьги бихъун, гIадалнахуде, ай гвангвараялде жанибе би бачIин.

Геморрагикияб инсульталъул хӀасилал чӀезарула гьенибе чвахун бачӀараб бидул къадаралдалъун. Гьеб кӀудияб батани, гьеб мехалда лъугьуна гIадалнахалда жаниб гематома. Гьелъ тӀадецуй гьабула аскӀор ругел лугбузде ва гIадалнахул хIалтIул жуба-гъубай лъугьуна. ГьитӀинал бидурихьаздасан би бачӀунеб мехалда цогидал лугбузулъа би цIунги ун, гьеб би щвараб бакIалда гIаданахул хIалтIи хвезабула.

 

Инсульталъул гIаламатал

ГIаммал гIаламаталлъун ккола тохлъукьего ва лъикIго бетIер унти, чехь лъамалъи, лъавудаса ин, ракIхисардизабигун лагIдей, бердамес свери ва цо-цо лугбал рагъаризаризе бажарунгутIи.

Цогидалги рукIине рес бугел гIаламатал ккола:

Гаргадиялъул ва бицараб бичIчIиялъе сакъатI ккей.

Нухда витIун вилъине бажарунгутIи.

Гьумер кьури, кIал кIичIун чIей.

Къаркъалаялъул рефлексазул къуват дагьлъи ва щиб бугониги жо къулчIизе рухI гьечIого лъугьин.

КIващ ккунгутIи.

Квералгун хIатIал сороди.

Цо-цо лугбал параличалъ кквей.

 

Жалго унтаразда загӀипго лъалеб букӀуна жидее инсульт ккараблъи ва жидеего кумек гьабизе кӀоларо, гьединлъидал сверухъ ругезда лъазе ккола «УДАР» абураб гӀадатияб диагностикияб къагӀида:

 У – (улыбка) гьими. КӀалалъул цояб рахъалъул гьетIи ва кIичIун чIей букӀуна.

Д – (движения) багъа-бачари. Чорхол кӀиябго бащалъи мекъи-мекъи хьвадула яги цо бутӀаялъул хIалтIи чIола.

А – (артикуляция) кIалъа-басай гьаби. Гьев чиясул калам хун букIуна, рагӀаби ритIун абизе кIоларо, хIатта жиндирго цӀар абизе бажаруларо.

Р – (решение) кумекалъулаб хIалтIи. Кумек гьабизе ккола хехго, ай 3-4 сагӀаталда жаниб.

Тохтурзабазул баяназда рекъон, инсульт ккезе бищунго рес цIикIкIараб заман буго радал 4-ялдаса 6-ялде щвезегIан заман. Бусурбабазул гьеб заман как базе тIаде рахъунеб мех буго. Гьединлъидал, бихьулищ БетIергьанас кьун бугеб нигIмат бусурбабазе радалго яги радакь тIаде хехго рахъине лъикIаблъунги бихьизабун, гьединал захIматал унтабаздаса цIунун рукIине. ТIаде вахъарав чи вагъа-вачаричIого вукIунаро. Какичури гьабидал, гIемерисеб мехалда, лъимги гьекъола. Гьеб бугин абулеб буго тохтурзабаз, инсанасул би бищунго бакъвалъараб заман. Регаралъуса тIадеги рахъун, рагъа-рачари гьабуни, чорхолъ биги хьвадула, гьединал унтаби ккеялдаса божилъиги цIикIкIуна.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...