Аслияб гьумералде

Балъгояб гIамал

Балъгояб гIамал

ТIадегIанав Аллагьас нилъер бищун къабул гьабулеб гIамал буго нилъеца ракI бацIцIадго, гIицIго Гьесул разилъи щвеялъул мурадалда гьабураб. РакI бацIцIадго гIамал гьабизе тавпикъги Аллагьас жиндиего рокьарал лагъзадерие гурони кьоларо.

Аллагьасе рокьулел лагъзадерил-вализабазул гIумруялда жанир ккарал хIикматал лъугьа-бахъинал руго ихласалда хурхарал. Вализабазул гIумруго ихласалда гIуцIараб букIуна, ихлас камиллъиялъ лъугьуна гIадатиял гIадамал Аллагь лъалел гIарифуналлъунги.

Машгьурав шайих МухIаммад Аль-Мухтар ШинкъитIиясул мутагIилас бицун буго: «Цо нухалъ дун Масжидул ХIарамалда балагьун чIун вукIана нижерго хIажизабазул къокъаялъухъ. Гьеб заманалда дир берчIвана, сокалги лъимги тукадасаги босун, гьеб хIажизабазе бикьулев чиясда. Жинда дандчIваравщинав чиясе кьолеб букIана гьес гьеб. Бикьулеб лъим лъугIидал гьев тIадвуссунев вукIана тукаде цIидасанго цIорораб лъимги сокги босизе ва цIи-цIиял хIажизабазул къокъаялъул къечги хьвазабизе. Гьев сахаватав бихьинчиясда цадахъ кIиго гьитIинав васги вукIана. ХIикмалъарав дун гьезда хадув халккун вукIана. Дие бокьана гьезие кумек гьабизе, гьеб баракатаб ишалда гьоркьоб диргоги гIахьаллъи букIине. Гьев бихьинчиясул гьумер гIарабазул къагIидаялъ кIазалъ бухьун букIана, ва лъиданиги гьев лъазеги рес букIинчIо. Гьев чиясе кумекалъе лъугьарав дида цо заманалдасан бихьана гьесул гьумер. Дун хIикмалъун хутIана гьев дир шайих МухIаммад Аль-Мухтар Шинкъатити ватидал. СубхIаналлагь! Бахчун гьумергун дида аскIов гьев сагIатгIан заманалъ вукIун вуго, дида живги лъачIого ва жинца чIечIого абулебги букIун бугеб хIалалъ: «Гьаб дунялалда нилъее хутIизе гьечIо нилъеца гьабураб лъикIаб гIамал гурони», - ян абун.

Тукада букIарабщинаб кинабго лъим бикьун лъугIичIого гьев нахъеги инчIо, унеб мехалъги дие васиятги гьабуна гьес: «ГIелму цIалиги Аллагь рехсейги киданиги рехун тоге, дир вас», - ян.

Гьаб къисаялда хурхарал гIадал рагIаби абуна кIудияв гIалимчи Фудайл ибн ГIиязица: «Щив вугониги жиндир хIакъалъулъ бицен рагIизе бокьарав, гьесул бицине гьечIо. Щив вугониги жиндир хIакъалъулъ бицен бахчизе бокьарав, гьесул бицине буго», - ян.

Аллагьасда аскIоб цIакъ какараб жо буго гIадамазда бихьизе, рагIизе гIамал гьаби. Гьеб буго Аллагьасе хиянат гьаби гIадаб жоги. Аллагьас цIунаги гьелдаса.

ГIусманиязул халифаталда бечедал чагIазул билълъараб гIадат букIана мискинзабазул ретIелги ретIун, гьурмалги рахчун базаразде унеб. Ва цере ратарал ричарухъабазда налъулазул сияхI хъвараб даптарги цебе бахъизабун, чи цIехечIого, гьениб батараб налъи бецIулеб ва налъулазул цIарги бацIцIунеб. Гьедин налъи бецIулаго, я вичарухъан, я налъулав, я налъи бецIулев цоцада лъалароан. Хасго гIемераб гьединаб иш кколаан хирияб Рамазан моцIалъ. Аллагьасе гIоло гIамал бацIцIад гьабулел муъминзабазул гъира базабулаан цо лъикIаб гIамал азарида кьабулеб хирияб Рамазаналъ гьединал ишал гIемер гьаризе.

Хирияв Аварагасул ﷺ ясалъул васасул вас ЗайнулгIабидин Аль-ХIусайни (разияллагьу гIангьу) бахилав чи вугилан бугьтанал лъолел рукIана гьесда шагьарцояз, ай киналго гIарифунал гIадин жиндирго магIишат бикьулевлъун гьечIин гьевилан. Гьел харбал рагIулаан живго ЗайнулгIабидинидаги, Аллагь жиндаса разилъаяв. Амма ЗайнулгIабидиница (разияллагьу гIангьу) гьаб панаяб дунял тедал загьирлъана, Мадинаялда гьес чIаго вукIаго, нусго мискинаб хъизан хьихьулеб букIараблъи, хIажатабги чIезабун.

Аллагьас нилъги гьареги нилъер гIамалалдаса гьеб гIамалалъул бацIцIалъи кIудияллъун ва гьебги къабулаллъун.

ПатIимат ХIасанова

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...