Аслияб гьумералде

Салаваталъул моцI

Салаваталъул моцI

ШагIбан ккола хириял моцIазул цояб. Гьелда абула Аварагасул моцIиланги. Гьединлъидал, шагIбан моцIалъ кIванагIан гIемер Аварагасде салават битIизе рекъола.

 

КIал кквейги хирияб гIамаллъун ккола, Аварагасги ﷺ шагIбан моцIалъ кIалал кколаан.

ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Цо-цо мехалъ Аварагас ﷺ гIемер кIалал ккведал, нижеца абулаан: «Гьес кIал биччалебго гьечIо», - ян. Цо-цо мехалъ гьес кIал ккунгутIиялъ нижеца абулаан: «Гьес кIал кколебго гьечIо», - ян. Рамазан моцIалъ гуреб цогидаб тIубараб моцIалъ гьев кIал ккун вихьичIо ва гьединго дида вихьичIо шагIбан моцIалъ цIикIкIун кIалал кколев», - ян. (Бухари, Муслим)

Зайдил яс Асаматица цо нухалъ Аварагасда ﷺ гьикъула шагIбаналъ кIал кквезе хIаракат бахъиялъе гIиллаялъул хIакъалъулъ ва Аварагас ﷺ жаваб кьола: «Гьаб моцIалъ, ражабалдаги рамазаналдаги гьоркьоб, гIадамаз гъапуллъи гьабула. Гьеб заманалда жаниб киналго гIамалал Аллагьасухъе ﷻ рахуна. Дие бокьун буго дирго гIамалал рахунеб мехалъ кIал ккун вукIине», - ян. (Абу Давуд, Ан-Насаи, Ибн Мажагь)

ШагIбан моцIалъ, хIадисалда абухъе, гIадамал гъапуллъиялда рукIуна. Гьединлъидал, гьаб моцIалъ нилъеца жеги цIикIкIараб хIаракатчилъи бихьизабизе ккола. ТIубараб моцIалъ кIал кквезе рес гьечIев чияс лъабго къоялъ байбихьуда, лъабго къоялъ гьоркьоб (13, 14, 15), ахиралда лъабго къоялъ кквела.

ШагIбан моцIалъ нилъее рекъола рамазаналде хIадурлъи гьабизе. КIал ккун ругьунлъила, Къуръан цIалила. Рамазан моцI тIаде щведал бигьалъула кIалал кквезеги Къуръан цIализеги.

ШагIбаналъ рекъола ракIалде щвезе гьеб моцIалъ ккарал лъугьа-бахъинал. Гьеб моцIалъ кIудиял мугIжизатазул цояб ккана моцI хъвалхьи. Гьеб моцIалъ хисизабуна бусурбабазул Къибла. Гьелда цебе Байтул-Мукъадисалде балагьун какал ралел рукIана. Хадуб, бергьараб рагIиялда бан, бакъанил как балеб мехалъ какилъго Къибла хисула ТIадегIанав Аллагьас ﷻ вахIюги рещтIун.Гьеб мехалъ киналго руссуна КагIбаялде. Гьеб лъугьана шагIбан моцI бащалъидал.

Ражаб моцIалъул тIоцебесеб анцIго къоги шагIбаналъул бакьулъа анцIго къоги бищун хириял руго. Гьел хиралъиялъе гIилла буго жиндилъ Барааталъул сордо букIин. Рамазан моцIалъул ахирисеб анцIго къоги бищун хирияб буго. Гьелъие гIилла буго Лайлатул Къадр букIин.

ШагIбаналъул моцI бащалъулъ буго Барааталъул сордо. Гьеб гIибадаталда тIобитIизе хириябги буго. Хасго беццараб буго тасбихIалъул как базе. Гьединго зикру бачина, Къуръан цIалила ва дугIаби гьарила.

Гьеб сордоялъ бищун дагьаб гьабизе бегьулеблъун ккола рогьалил ва боголил какал мажгиталда, жамагIаталда рай. Гьединго хирияб буго щибаб рузман къоялъ гьел какал жамагIаталда, мажгиталда разе.

Гьеб сордоялъ хасго беццараб буго Юнус аварагасул дугIа цIализе. Гьеб дугIа Юнус аварагас цIалана киталъул чохьониве ккараб мехалъ ва гьеб цIалидал хвасарлъана. Гьеб дугIаги ккола: «Лаилагьа илла анта, СубхIанака инни кунту мина ззалимин», - абураб.

ГIалимзабазул тIахьазда рехсана шагIбаналъул 15-абилеб сордоялъ Юунс аварагасул дугIа 2375 нухалъ цIалани, гьеб соналъ балагьаздаса ва ургъалабаздаса цIунулин абунги.

ШагIбан моцI нилъее ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кьуна Жиндиде гIагарлъиялъе ва мунагьал чуриялъе сабаблъун букIине. Аллагьасукьа ﷻ хIинкъун, тIад лъурал парзал тIуразарун, мунагьаздаса рикIкIад чIун шагIбан кIодо гьавурав чиясул мунагьал чурула, лъагIалида жаниб балагьаздаса ва унтабаздаса цIунула.

Аллагьас ﷻ гьеб моцIалъ лъикIал гIамалал гIемер хъвалел гIадин, квешалги гIемер хъвала. Аллагьас ﷻ гьеб моцI лъикIал гIамалаздалъун тIобитIизее тавпикъ кьеги. Амин!

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...