Аслияб гьумералде

ХIафизазул хIурматалда

ХIафизазул хIурматалда

ХIафизазул хIурматалда

Гьал къоязда Гъизилюрт районалъул ЦIияб ЧIикIаб росулъ тIобитIана хIафизазул хIурматалда мажлис. Росдал тарихалда Дадаев Расул ва ГIисаев Абубакар ккола тIоцересел хIафизалги. Аварагас абуна: «Нужер бищун лъикIал Къуръан лъазабурал ва гьеб цогиязда малъарал руго», - ян. (Бухари)

 

ТIубараб Къуръан рекIехъе лъазабурав чиясда абула хIафизилан. ХIафизазе бугеб ажру-кири рехсон рачIарал Аварагасул ﷺ хIадисал гIемерал руго. ХIафизаллъун рахъинелъун эбел-инсуца Аллагьасул ﷻ нух тIаса бищун жеги гьитIинаб лъимер битIула Къуръан лъазабизе. Цинги мугIалимасул тарбиялда гъоркь 4-5 соналда жаниб Аллагьасул ﷻ Калам рекIехъе лъазабула.

Жидее щолеб кIудияб макъамгун цадахъ гьел цIализе ритIарал эбел-инсуеги щола кIудияб ажру. Бурайдатидасан бицана хирияв Аварагас ﷺ абунин: «Къуръан цIалулесул ва гьеб лъазабун гьелда гIамал гьабурасул эбел-инсуда Къиямасеб къоялъ  бакъул канлъигIан гвангъараб таж лъола ва гьаб ракьалда бугебщиналдаса тIокIаб ретIелги кьола гьезие», - ян. Гьез гьикъула: «Щай нижее гьаб кьураб?» - илан. «Нужер васас Къуръан лъазабуралъухъ», - ин абун жаваб гьабула. (ХIаким)

Мажлисалъе байбихьи лъуна гьев кIиявго хIафизас Къуръан цIалиялдалъун.

Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул гIалимзабаз, росдал жамагIаталъ ва районалдаса гьалбаз. Мажлис нухде бачана «Аманат» медиахолдингалъул нухмалъулев АхIмад ХIасанхановас. 

КIалъазе вахъарав муфтияталъул лъай кьеялъул отделалъул жавабияв АхIмад ХIамзаевас бицана муфтияталъул хIалтIул гIуцIиялъул ва тIад тарав бетIерасухъ гIенеккизе тIадаб букIиналъул. «Муфтияталъул хIалтIи цебетIезелъун чанги гIалимчияс рухI кьуна. ХIасан-устарас дибирлъун вугев жиндирго муридасухъе хъван буго: «Нусго тIарикъаталъул устар вугониги гьезулцин ихтияр букIунаро, росулъ имамги вукIаго, лъикIалдалъун амру гьабизе», - ян абун бицана А. ХIамзаевас.

КIалъазе вахъарав шаргIиял гIелмабазул доктор МухIаммад МухIаммадовас хирияб Къуръаналъул ва гIелму тIалаб гьабиялъул бицана. «Аллагьасул ﷻ каламалъул хиралъи махлукъаталъул каламалда тIад – гIадамазда тIад Аллагьасул ﷻ хиралъигIан буго», - ян баян гьабуна гьес.

 

 

 

 

 

 

Нечаевка росдал имам ва Къуръан лъазабиялъул централъул нухмалъулев Шамил МухIаммадовас бицана хIафизлъун вахъинелъун цIалдохъабаз нахъа толеб нухалъул. «Азарго чиясда гьоркьоса цо гурони вахъунаро хIафиз», - илан бицана гьес.

ВагIзаби гьаруна Каспийск шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Мурад ИсмагIиловас, Гъизилюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель ГIали Къасумовас, гIалим АхIмад ГIабдурашидовас.

ВагIзабазда гьоркьоб риидалил каникулазда дарсазде хьвадулел рукIаразда гьоркьоб конкурсалда бергьаразе кьуна гIарцулал шапакъатал ва ракIалде щвеялъул грамотаби.

Аварагасул ﷺ гIумруялда, «История пророков» тIехьалда тIасан букIараб васазул конкурсалда тIоцебесеб бакI ккуна Надирбеков АхIмадица, кIиабилеб бакI - Батирханов Анварица, лъабабилеб бакI - КъурахIмаев МухIаммадица.

ЧIахIиял ясазда гьоркьоб «Мой первый намаз» абураб тIехьалъул конкурсалда тIоцебесеб бакI ккуна Багъатирова Мадинаца, кIиабилеб бакI – РурухIмаева Аминатица, лъабабилеб бакI – ГIусманова Руфайдаца.

«Мой первый намаз» абураб тIехьалда тIасан тIобитIараб конкурсалда тIоцебесеб бакI ккуна Илясов МухIамадица, кIиабилеб бакI – Юшаев Салманица, лъабабилеб бакI – КъурахIмаев Юсуфица. Ясазда гьоркьоб тIобитIараб къецалда тIоцебесеб бакI ккуна Дибирова Хадижатица, кIиабилеб бакI – Мудаева Хадижатица, лъабабилеб бакI – ГIисмаихIажиева ГIаишатица.

Ахиралда кIалъазе вахъарав росдал имам Шамил ГIисахIажиевас тIаде рачIарал гIалимзабазе, гьалбадерие ва росдал жамагIаталъе баркала загьир гьабуна. Баркала кьуна росулъ ругел волонтеразул къукъабазе, исламалъе ва гIаммаб халкъалъе гIоло гьез гьабула бугеб хIалтIухъ. Август моцIалъ гьез мадрасалда сверухъ гьабураб хIалтIул хасгьабун баркала кьуна Багъатиров ГIабдурахIмание, КазимухIаммадов МухIаммадие, ГIумаров Маликие.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...