Аслияб гьумералде

ГIасаса ГIабдурахIман-хIажи ва МухIаммад-ЯгIсуби ракIалде щвезаруна

ГIасаса ГIабдурахIман-хIажи ва МухIаммад-ЯгIсуби ракIалде щвезаруна

ГIасаса ГIабдурахIман-хIажи ва МухIаммад-ЯгIсуби ракIалде щвезаруна

Сентябрь моцIалъул байбихьуда Шамил районалъул ГIасаб росулъ тIобитIана гIалимзабазул мажлис. Мажлис букIана ГIасаса ГIабдурахIман-хIажи ва МухIаммад-ЯгIсуби устарзаби ракIалде щвезариялъул нияталда гьабураб.

 

ГIахьаллъаразе саламги кьун Шамил районалъул имамзабазул советалъул председатель ГIизудин ГьитIиножоевас мажлис нухда бачинелъун вихьизавуна шаргIиял гIелмабазул доктор, муфтиясул кумекчи КъахIиса МухIаммад.

Мажлисалда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналъул гIемерал гIалимзабаз, Шамил районалъул росабазул жамагIатаз, рахъ-рахъаздаса рачIарал 10-азаргоялдасаги цIикIкIун бусурбанчияс. КIалъазе рахъарал гIализабаз бицана ГIабдурахIман-хIажиясул ва МухIаммад-ЯгIсубиясул гIумруялъул, Дагъистаналде тIарикъат бачIараб къагIидаялъул, муридас цIунизе кколел адабазул, хатму-салаваталде хьвадиялъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. 

 

 

 

 

 

 

КIалъазе вахъарав Къелеса гIалимчи ГIусман-хIажияс бицана ГIасаб мадрасалъе кьучI лъеялъул ва кин гьеб базе пикру ккарабали. Муфтиясул заместитель МухIаммадов АхIмадица, шайих АхIмад-афандиясул рахъалдасан гIахьаллъаразе кьуна салам, киналго ахIана ругел нигIматазухъ БетIергьанасе ﷻ шукру гьабулеллъун рукIине ва бицана гIелму тIалаб гьабиялъул хиралъиялъул. ТIидиса гIалимчи ГIабдурахIманов МухIаммадица бицана ГIабдурахIман-хIажиясул гIумруялъул, кин гьес тIарикъат босарабали ва гьеб хIалтIизабиялъул хIакъалъулъ.

КIалъазе вахъарав Шамил районалъул бетIер МухIаммад ХIасановас абуна жакъасеб дандеруссин бугин районалъул жамагIат цIакъ разиябин. Рохун ругин гьадин киналго данделъизе щвеялдаса.

 

 

 

 

 

 

- ЦерегIан моцIаз районалде рачIун рукIана хирияв Аварагасул ﷺ асарал. Гьелдаса хадуб гьадинаб кIудияб данделъи букIинчIо районалда. Нилъ цолъун, рекъон, цоцазул адаб цIунун гIумруялъул нухда хьвадани, хьул буго Аллагьас ﷻ ахираталдаги ритIун ккезариялда, - ян абуна М. ХIасановас. 

Исламиял гIелмабазул доктор, Буйнакск районалъулгун шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель ГIабдуллагь-хIажи Ацаевас кIалъаялъул байбихьуда абуна БетIергьанас ﷻ гьаб мадраса гьабегийин гьанжелъизегIанги гьанжеялдаса хадур имам Магьди вахъинегIан цIализе ругел мутагIилзабазе мунпагIатаб гIелму щолеб бакIлъунин. Цинги бицана хатму-салаваталъул, кинавниги чиясе жинда лъикIаб-квешаб малъулев мугIалим къваригIунеблъиялъул. Гьелъие мисалги бачун абуна, Аллагьасда ﷻ аварагзабазухъе Жиндаго вахIю ва дагIват гьабиялъул къагIида щвезабизе кIолеб букIаниги Гьес ﷻ гьезие мугIалим - ЖабрагIил малаик кьунин.

ГIалимчи КIикIуниса ГIали-хIажияс бицана гьаб дунял бугин муъминчиясул хIалбихьиялъул рукъин, хIалбихьиялъулъ бищун цIикIкIун гьеб жидее гьабулелги аварагзаби, асхIабзаби, вализаби, шайихзаби, гIалимзаби рукIунин абун.

Каспийск шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Мурад ИсмагIиловас бицана муфтияталда цере гIуцIун ругел отделазул ва гьез гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ.

 

 

 

 

 

 

Гьединго кIалъазе рахъана муфтиясул кумекчи Магьди МутагIилов, исламияб институталъул ректор Мурад Шабанов, Шамил имамасул цIаралда МухIачхъалаялда бугеб мажгиталъул имам МухIаммад Сулейманов. Гьоркьо-гьоркьор цIалана мавлидалгун назмабиги.

Жеги мажлисалда гIахьаллъи гьабуна ва кIалъазе рахъана Дагъистаналъул бетIерасул кумекчагIи МухIаммад ХIажимухIаммадовгун Шамил ГIалиев. КIалъаязда гьез ДРялъул бетIерасул рахъалдасан кьуна гIахьаллъаразе салам ва гьарана гьадинал мажлисазда нилъер республикаялдаса СВОялда ругел гIолохъабазе дугIа гьабизеги кIочонгеян.

ГIахьаллъаразда гьоркьоб можоро рехун гIумраялде ине путевка бергьана Гьандихъа ГъазимухIаммадие.

Мажлисалъул ахиралда ГIизудиница баркалаялъул каламгун ракIалде щвеялъулал гьадиятал гьаруна районалъул гIолохъанаб гIелалъул нухмалъулевлъун хIалтIарав МухIаммад Дибировасе ва цIияв нухмалъулевлъун тана КIодохIмаев МухIаммад.

Муфтияталъул Шамил районалда бугеб лъай кьеялъул отделалъул жавабияв Зикруллагь СагIадуевасги Бакълъухъ росдал жамагIаталъул рахъалдаса гIумраялде ине путевка кьуна рехсараб росдал мадрасалда гIемерал соназ завхозлъиялъул хIалтIаби гьарулев вугесе.

Мажлисалъе ахир гьабуна гIаммаб дугIа гьабиялдалъун.

 

ХIадур гьабуна МухIаммадгIариф Къурбановас

 

 

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Дин ккола насихIат

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ХIикматал махлукъатал

Морж   ЧIахIиял рухIчIаголъабазул цоял ккола моржал. Гьел руго тIом биццатал ва гьелъ кумек гьабула гьезие квачалдаса цIунизе. Габуралъул тIасияб рахъалъул тIом  букIуна 10 сантиметралъ биццатаб.   Гьезда кIола рекIел кьабиялъул хехлъи-хIинцIлъи жидеего бокьухъе бачине. Лъим...


Балагьаздалъун хIалбихьи

ХIурматиял бусурбаби, гьаб гIагараб заманалда нилъер Дагъистаналъул бакI-бакIазде бачIана ракIалдаго букIинчIеб къварилъи. Гьелъие сабабалъунги ккана бараб чваххунцIад. Гьелъул хIасилалда Дагъистаналъул тахшагьар МахIачхъалаялда, Хасавюрт районалъул росабалъ ва цогидал бакIазда лъим рукъзабахъе...


Сабру тIагIин буго балагь

Кинаб бугониги балагь бачIиндал, нилъеда ракIалде ккола гьабунщинаб гIадада хванин, дица щиб гьабилебин абун, сабру тIагIуна.   Гьеб буго мекъаб пикру, гьединаб лъугьа-бахъиналда сабру гьабун чIезе ккола. Сабру гьабиялъулъ буго инсанасул къуват, бусурбанчиясул иман. Балагь бачIиндал, гьелъ...


Гъоркье валагье

ТӀадегӀанав Аллагьас дунял бижана къануназда ва къагӀидабазда рекъон. Нилъеда сверухъ бугебщинаб жо низамалда букӀуна: заманал хисула, планетаби хьвадула, гьел системабазул цонигиял жидецаго чӀезарурал гӀорхъабаздаса къватIиреги кколаро.   Амма тӀабигӀаталда къанунал рукӀунел гӀадин,...