Аслияб гьумералде

ТIалаб гьабуни щола

ТIалаб гьабуни щола

Хасавюрт шагьаралда, Лачен-дибирасул цlаралда бугеб ясазул мадраса хlалтlулелдаса буго чанго сон. Дагьаб цебе гьениб Къуръан цlалун лъугlизабуна 40-ялъ, ай гIисинал ясазги, гIолилазги, ригь арал руччабазги.

 

Сулейманова Сакинатил нухмалъиялда гъоркь хIалтIулеб мадраса хIебтIун буго гьелъул васасул рокъоб. Дарсал кьола Кураева Зугьра-Хадижатица.

3 ноябралда «Европа» абураб залалда букlана гьанже Къуръан цlалун лъугIаразул баракатаб мажлис.

Гьениб диналъул яцаз ахlана мавлидал, цlалана Къураналъул аятал, рихьизаруна батIи-батIиял сценкаби. Гьоболлъухъ рачlун рукlана Хасавюрталда бугеб лъай кьеялъул отделалъул ва «Гьидаят» централъул хlалтlухъаби. Къуръан цlалиялъул бугеб хиралъиялъул бицана Абукова Зайнабица ва Хангереева Зулейхаца.

Гьений кIалъарай Гъойтимирова Патlиматица абуна: «Сайгъатазеги баркалабазеги гIоло хlалтlулел чагlи гуро Сакинатги Хадижатги. Гьел руго унго-унгоги ракl унтун диналъе гlоло хIалтIулел руччаби», - ян.

Хадижат-мугlалималъ гьенире рачIараздехун гьабула ракl-ракlалъул бербалагьи. Гьитlинал ясал рукlа, кlудиял руччаби рукlа, ай щиялъе дандекколеб насихIатги гьабун, ракlбатизабун, мадрасалде ячlарай цониги гIадан Къуръан цlализе лъачlого гьениса нахъе йиччаларо.

Къуръаналдаго цадахъ малъула Мухlаммад аварагасул ﷺ гlумруялъул дарсал ва диналъул аслаби.

Бигьаяб иш гуро гьениб щибаб къойил дарсал кьей, амма Хадижат -мугlалималъ цlакъ мухIканго нухда бачуна гьеб иш.

Сакинатица кlиго нухалда лъугlизабуна гьеб мадраса. Щуго нусалъги ясалъги гьелъие гlумраялде ине путевкаги сайгъат гьабуна.

 Киназего гьарула Аллагь разияб гlамалги, гlелму цlализе къуватги.

 

ГI. ГIайшат

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...