Аслияб гьумералде

ХIафизазда гьоркьосеб республикаялъулаб конкурс

ХIафизазда гьоркьосеб республикаялъулаб конкурс

Июнь моцIалъул байбихьуда ЧIарада районалъул ГIириб росулъ тIобитIана АхIматилов АхIматилавасул хIурматалда хIафизазда гьоркьосеб республикаялъулаб конкурс. Гьелъул призалъулаб фонд букIана 1 500 000 гъурущ.

 

Конкурсалъул хIасилалги гьарун, росулъ тIобитIана гIалимзабазул мажлисги. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ДРялъул муфти АхIмад-афандияс ва цогидалги гIалимзабаз. Мажлис нухда бачана Нечаевка росдал имам Шамил МухIаммадовас.

МахIачхъала шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель МухIаммадгIариф Сиражудиновас бицана эбел-инсул ва чIахIияб гIелалъул адаб гьабизе ккеялъул хIакъалъулъ. Инсанасул чорхолъ рукIунел чIухIи, живго берцин вихьи гIадал батIиниял унтабазул бицун вагIза гьабуна МухIаммад Ярагъиясул цIаралда бугеб мадрасаялъул нухмалъулев МухIаммадгIариф Рамазановас. Буйнакск районалъул имамзабазул советалъул председатель Шамил ГIусмановас бицана Дагъистаналъул муфтияталъ гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.

Гьединго мажлисалда кIалъана районалъул бетIер МухIаммадов МухIидин, Халкъияб Собраниялъул депутат СагIадулаев МухIаммад ва АхIматилавасул вас МухIаммад.

 

 

 

 

 

КIалъазе вахъарав муфти АхIмад-афандияс бицана: «ХIурматиял диналъул вацал ва яцал. Жакъа ЧIарада районалда буго рохалилаб къо. РакI-ракIалъ баркула киназдаго. АхIматилавас ва гьесул хъизамалъ лъураб кьучIалда тIад гьезул лъималаз хIалтIи гьабулеб букIин Аллагьасул рахъалдасан кIудияб нигIмат буго. Аллагь ﷻ жинда гурхIаяв дир мугIалим ХIасанил МухIаммад ккола Рилъаб росулъа. Дун ЧIарада районалдаса вугин абизеги нечоларо. Гьезул хъизамалъ гIемераб кумек гьабуна дие. Советияб заман букIаниги гьес дарсал кьей гьоркьоб къотIизе течIо. РекIелъ дагьабниги хIинкъи букIарабани, гьес дарсалги кьезе рукIинчIо», - илан

Къуръаналъул 30 жуз рекIехъе цIалиялъул къецалда тIоцебесеб бакI ккуна Ибаков СалахIудиница, кIиабилеб бакI – ГIисаев Сайпулагьица, лъабабилеб бакI щвана Сиражудинов ХирамухIамадие.

ТIубараб Къуръан рекIехъе цIалиялъул номинациялда тIоцебесеб бакI ккуна ХIамидов ХIосенафандица, кIиабилеб бакI - ГIубайдулаев МухIаммадица, лъабабилеб бакI - Чиргизов Адамица.

 

 

 

 

 

Къуръаналъул щуго жуз рекIехъе цIалиялъул номинациялда тIоцебесеб бакIалъе мустахIикълъана ГIубайдулаев ИсмагIил, кIиабилеб бакIалъе - МухIаммадов ГIумархIажи ва лъабабилеб бакIалъе - Камалудинов МухIамадрасул.

Как берцинго ва битIун ахIиялъул номинациялда тIоцебесеб бакI ккуна Сиражудинов Насруллагьица, кIиабилеб бакI – Рашидов МухIаммадрасулица, лъабабилеб бакI – Жамалудинов МухIаммадица.

Къуръан берцинго ва битIун цIалиялъул конкурсалда тIоцебесеб бакI ккуна ГIизудинов СалахIудиница, кIиабилеб бакI - Юсупов МухIаммадица, лъабабилеб бакI – ХIамидов ГIабдулмажидица.

Руччабаз Къуръаналъул 30 жуз рекIехъе цIалиялъул номинациялда тIоцебесеб бакI ккуна Мухтарова ПатIиматица, кIиабилеб бакI - Шагьрурамазанова ПатIиматица, лъабабилеб бакI - Халилбагинова Умулкусумица.

Руччабаз Къуръаналъул тIоцебесеб кIиго жуз рекIехъе цIалиялъул номинациялда тIоцебесеб бакI ккуна Айгумова ФатIиматица, кIиабилеб бакI – ГIалиева ФатIиматица, лъабабилеб бакI - МухIаммадова Рукъиятица.

ЧIарада районалъул гIадамазда гьоркьоб ГIамма («Ан-Набаъ») сура битIун цIалиялъул номинациялда тIоцебесеб бакI ккуна ХIасанов МухIаммадица, кIиабилеб бакI - ГIисаев СагIидица, лъабабилеб бакI- КъурамухIаммадов МухIаммадица

Бергьаразе кьуна грамотабигун гIарцулал шапакъатал. Шайих АхIмад-афандиясе сайгъат гьабуна хвалчен.

Мажлисалъе ахир лъезе рагIи кьурав ЧIарада районалъул имам ХIапизов Шамилица тIаде рачIарал гьалбадерие ва шайих АхIмад-афандие, районалъул жамагIаталъул рахъалдасан, баркала загьир гьабуна.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...