Аслияб гьумералде

Лъималазе лъикIаб мисал

Лъималазе лъикIаб мисал

Лъималазе лъикIаб мисал

Рес бугони лъикIав мадугьал тIаса вищизе рекъараб буго, гьелъухъ унеб боцIи-малалдецин вачIинчIого. «Мадугьал тIаса вище рукъ ккун вахъиналде цеве, гьалмагъ тIаса вище нухда, сапаралъ вахъиналде цебе», - ян буго Аварагасул хIадис.

 

Мадугьаласул хIакъ цIуни, гьесулгун лъикIал гьоркьорлъаби гьари, мадугьаласул адаб гьаби исламалда цIакъ беццараб, кири-ужра кIудияб жо буго. Лъида лъалареб «РикIкIада вугев гIагарав чиясдаса гIагарда вугев мадугьал лъикIав», - илан абураб магIарулазул аби. ХIакъикъаталдаги рикIкIада вугев вацасдаса къо ккараб, унта-щокълъараб мехалъ, гIиси-бикъинаб къваригIел, мурад тIубазеги мадугьаласул кIвар гIемерго цIикIкIараб буго. Дида ричIчIуларо, гIиси-бикъинаб жо сабаблъун, сабаб-гIиллаго гьечIониги, мадугьалзабигун кьалда рукIунел чагIи. Гьеб гIадатияб гIамал хвейлъун, адабалда, исламалда черхги напсги куцачIолъи, живго тIадегIанавлъун вихьи, чIухIи-пахрулъилъун бихьула. «ЧIухIарав чи Алжаналъуве унаро», - ян чIванкъотIараб хIадисги бугелъул, гьев хIинкъиялда гъоркь вугев чи ккола. Ахираталъе мадугьалихъ квешлъиялъул заралалъул бицун хIал кIвеларо, гIалимзабаз гьелъул гIемер хъвала.

Лъималазе тарбия кьолаго гIумру арав чи хIисабалда дие ракIалде щвезабизе бокьун буго, нилъер мадугьалзабаздехун бугеб гьоркьоблъи, лъикIаб букIа, квешаб букIа, лъималаздаги бихьичIого хутIулареблъи. ГьабсагIат мадугьалгун лъикIаб хабаралдаги йикIун, рокъое щвараб мехалъ эбелалъ, мадугьалалъул цIаралда рекъечIеб рагIи рехани, гьеб лъималаз ккола, эбелалъул лъимадуе къадру бугони, гьелда мадугьал рихуна, эбелалъулгун гьоркьоблъиялъулъ гьогьен бугони, лъимералда эбел рихуна, гьелъул ракIалда бугебги, кIалалъ абулебги кIигьумерчилъи бихьула. Мадугьаласул гонгиниса чвахулеб лъим сабаблъунги, пайда гьечIеб ракьул бутIа сабаблъунги кьалда вукIунев эмен вугони, гьебго хасият лъималазулъги бижула, гьелъ гьезул гIумруго парахалъи гьечIеб кьалда ине бегьула.

Мадугьалихъ вугев жугьутIасулгунцин хIал рекъезабиялъ, хирияв МухIаммад Аварагас ﷺ гьев исламалде ахIиялъул ва цогидалги мисалал гIалимзабаз нилъее гIемер рицуна. Аварагасул ﷺ ва гьесул асхIабзабазул мисалалда, бусурбабазул тIадегIанал гIамалазда хьвадизе Аллагьас нилъее тавфикъ кьеги. Мадугьалихъ лъикI рукIиналъул гьуинлъи лъазеги, гьебго гIамалалда лъимал куцазеги БетIергьанас нилъее тавфикъ кьеги. Амин!

 

МухIаммад Къебедов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...