Аслияб гьумералде

Бищун Аллагьасе бокьулеб гIамал

Бищун Аллагьасе  бокьулеб гIамал

ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго (магIна): «Дур БетIергьанас амру гьабуна, нужеца Гьесие гурони цогидазе гIибадат гьабуге, эбел-инсуе лъикIлъи гьабе…», - абун.

Аллагь цо гьавиялда хадубго эбел-инсул хIурмат гьабизе кколеблъи рехсеялъ бихьизабулеб буго гьелъулъ кIудияб амру букIин. Ахираб заманалда гIемер кколел руго жидерго умумузде данде лъимал рахъиналъул хIужаби. Лъидаха лъалареб кигIанасеб захIматги бихьун гьел гIезарулелали, гьелъул гIемерисеб захIмалъи эбелалъ баччизе кколеблъи. Хирияб хIадисалда буго:

«Ибну МасгIудица аварагасда гьикъана Аллагьасе бищун бокьулеб гIамал щибилан. ГIужда как бай бугин абуна гьес. Хадуб щиб бугебилан цIехедал, гьес абуна эбел-инсуе лъикIлъи гьаби бугин. Хадубги щибилан гьикъидал, аварагас жаваб кьуна Аллагьасул нухда жигьад гьаби буго», - ян.

Капурал ругониги эбел-инсул адаб тезе бегьуларо. ХIадисалда буго: «Асмаица бицун буго, къурайшиязулгун кьалда рукIаго жеги бусурбанлъичIей дир эбел ячIанин нижехъе. Дица аварагасда гьикъанин гьелъулгун гьуинлъи гьабилищин, гьей къабул гьайилищин абун. Къабул гьаейин жаваб гьабунин гьес», - ян.

Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Аллагь разилъи эбел-эмен разилъиялъулъ буго. Гьесул ццим бахъин – умумузул ццим бахъиналъулъ буго», - ян.

Абугьурайратица эбелалъул рокъоса къватIиве вахъунеб мехалда, нуцIикIалтIаги чIун, абулаан: «Ассаламу гIалайка, я умматагь! Ва рахIматуллагьи ва баракатугьу», - абун. МагIана: (Аллагьасул саламги баракатги лъеги дуда, дир эбел). Гьелъ жаваб кьолаан: «Ва гIалайка я буная, ва рахIматуллагьи ва баракатугьу», - абун.

МагIна: (Дудаги лъеги Аллагьасул саламги баркатги). Хадубги гьес абулаан: «РахIимакуллагьу кама раббайтани сагъиран», - абун. МагIна: (Аллагь гурхIаги дуда дун хьихьаралъухъ). Гьелъги абулаан: «РахIимакаллагьу, кама саррартани кабиран», - ян. МагIна: (Дудаги Аллагь гурхIаги, гьадин кIодо гьаюн дун йохизаюрав).

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...