Аслияб гьумералде

Унсоколо районалда къецал

Унсоколо районалда къецал

Унсоколо районалда къецал

Дагьал церегIан къоязда Унсоколо районалда тIоритIана Къуръан цIалиялда тIасан анлъго батIияб гIелалъул гIадамазда гьоркьоб къецал.

 

 

Гьел тIоритIани лъикIаб букIинин абураб пикру загьир ва гьелъие нухмалъи гьабурав чи ккола районалъул имам ГIабдулахIидов МухIаммад.

Гьесул жигаралдалъун, марталъул байбихьудаго, росабазул имамзабазда лъазабун букIана Унсоколо росулъа мунагьал чураяв МухIаммадов МухIаммадхIажияв ракIалдещвезавиялъул хIурматалда къецал тIоритIизе ругин абун.  Гьев лъикIав инсан абуни кколаан Унсоколо 50-гIанасеб соналъ лъималаздаги чIахIияздаги Къуръан цIализе малъарав, тарбия-лъай кьурав гIалим. 

1970 соналдаса нахъе МухIаммадхIажиясги гьесул хъизан ГIайишатицаги жидерго рокъоб васазулги ясазулги къукъабиги гIуцIун малъана Къуръан битIун цIализе. ГIайишатица цIализаруна 1000-ялдасаги цIикIкIун яс ва МухIаммадхIажияс - 3000-ялдасаги цIикIкIун вас.

МухIаммадхIажиясе хасиятаб букIана росулъ щиб тадбир тIобитIулеб бугониги бищунго цеве гIахьаллъи. 

Цин къецал тIоритIана росабалъ ва хадуб – щибаб росулъ бергьаразда гьоркьоб - Шамилхъала поселокалда.

Къецазда гIахьаллъана 300-гIанасев чи. Бергьаразе кьуна батIи-батIиял шапакъатал, гIарцулал сайгъатал.

Мунагьал чураяв МухIаммадхIажиясул гIагарлъиялъ кIудияб кумек гьабуна гьеб тадбир тIобитIиялъе.

 

 

Сулейман МухIаммадов

 

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...