Аслияб гьумералде

Сабру – кумек щвеялъе сабаб

Сабру – кумек щвеялъе сабаб

Сабру – кумек щвеялъе сабаб

Дунялалъул рокъов инсан вуго батIи-батIиял хIалбихьиял жинда тIаде рачIуневлъун. Аллагьасда ﷻ цеве лъикIав яги квешав вукIиналъухъ балагьичIого рачIуна инсанасде гьел балагьал, захIмалъаби, къварилъаби тIадеги.

 

ГIаммаб халкъалъул пикруялда рекъон тIубан бичIчIулареб гIадаб жо бугониги, БетIергьанасул хIикматалдалъун дунялалъул рокъоб лъикIавгIан чиясда дандчIвала цIикIкIун хIалбихьиял. Гьелъул бицун хIадисалдаги бачIун буго лъикIаздасан лъикIазе гIемерал ва чIахIиял рукIунин хIалбихьиял дунялалдаян. Гьайгьай, лъугIелго гьечIеб захIмалъиялда инсан толаро БетIергьанас, щола ахир, чIегIераб накIкIукьан баккун бачIуна багIарбакъ.

Хирияб Къуръаналда Аллагьас ﷻ гьелъул бицун гьадинаб магIнаялда гIадамазде хитIаб гьабун буго: «Дица нужер хIалбихьила дагьабго хIинкъи тIаде тIамун, ракъи байбихьизабун, буголъи, чурхдул, тIощалил бачIин мукъсанлъизабун. Роххел бице сабру гьабуразда».

Ахиралда живго воххулеб къагIида бокьун батани сабру гьабун, таваккалалда чIезе ккола инсан. Къадаралда разилъун сабруялда чIезе кIвани Аллагьасул ﷻ рахъалъан чIахIиял рахIматал щола ва витIун ккарав лагълъунги вукIуна.

Дунялиялги диналъулги тушбабазде данде Аллагьасул рахъалъан кумекги лагъасе щаклъи гьечIого щола Гьесие тIагIат гьабиялдаги мунагьал гьаричIого чIеялдаги сабру гьабун гьев чIанани. Гьедин сабру гьабун чIей буго Аллагьасул ﷻ кумек щвеялъе сабаб. Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца сабру гьабуни гьеб лъикI букIуна сабру гьабуразе».

ЛъикI букIиналъул цо бутIа буго сабру гьаби сабаблъун хIажат ккаралъуб Аллагьасул ﷻ кумек щвей. ТIаде захIмалъи бачIиндал сабру гьабичIого нафсалда нахъвилъун вортанхъарав чи гIемерисеб мехалда кумек, квербакъи щвечIого, мурад тIубачIого хутIула. Аллагь ﷻ лъаялда разилъун, Гьесул хIукму-къадаралда божун чIарав чи къокъидго кумекги щун, захIмалъи тIаса рехизе Аллагьасул ﷻ квербакъи батун хIалхьиялде вачIуна.

Инсанасе тушманаб гьесул жиндирго нафс кидаго заралалъе хIалтIулеб букIуна. Сабру гьабизе ккараб бакIалдаги гьелъ инсанасда малъула гьедин вуцIун чIани дуе кумек чияца гьабизейищ къваригIун бугебилан. Вахъайин, вортанхъейин гьусула. Гьелъ малъухъе гьабуни кидаго гIадин инсан мекъи ккола, хадуб ракIги бухIула. Сабру гьабугеян малъулеб нафсалде данде хIалтIун, сабру гьабеян бугеб Аллагьасул ﷻ хитIабалде гIинтIамизе къуват гIезе ккола. Гьеб иш гьитIинаб жо гуро. Гьеб буго кIудияб рагъ.

 

ХIабиб ХIажигIалиев

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...