Аслияб гьумералде

КIал ккуразе малъа-хъваял

КIал ккуразе малъа-хъваял

Рамазан моцIалъ кӀал кквеялдалъун стресс ккезе бегьулелги чагIи рукIунелъул, «Гемотест» абураб лабораториялъул гастроэнтеролог ва эксперт-тохтур Екатерина Кашухица гьаруна гьадинал малъа-хъваял.

ТIубараб къоялъ кIалги ккун, къаси циндаго гIемераб къадаралда бакIаб квен кванаялъ кванирукъ цIазабула ва гьенибе циндаго кислота бачIинабула, бакIлъиялъул асар бижизабула. Гьединлъидал, физиологияб рахъалъ битӀараблъун рикӀкӀуна къаси квен кӀиго бутIаялде бикьизе: цин чамасдакIалдаса ва лъедаса байбихьила ва гьоркьоб дагьаб заман индал бигьаго рихIине бегьулел белокал ва захIматго рихIунел углеводал кванала. Масала, гIанкIудал гьан яги ччугӀа овощалгун.

Рамазан моцӀалъ къаси цӀикӀкӀун кванаялъ зарал гьабула. Бежараб ва кьарияб кванил нигӀматал къаси кванаялъ хӀал щвезабула цIекI гьанаде. Къаси кватӀараб мехалда захӀматаб квен кванаялъ рачине бегьула ццималда жаниб лъамалъи хутIиялде ва гьелъул хIасилалда ганчӀал лъугьиналъул хӀинкъиялде.

Гьедин ккечӀого букӀине, ифтаралдаса хадубго кваназе ккола захӀматаб белокалъул квен, радакь рахъиндал кваназе тезе ккола захIматал углеводал ва рахьдал нигӀматал.

КӀал биччаялъул дагьабго загьирлъулеб хӀинкъи ккола къаркъалаялъе гIураб къадаралда лъим ва витаминал щунгутIи. Къаси къечон рукӀиналъ, гӀемерисеб мехалда, хIаракат бахъула цадахъго гIемераб къадаралда лъим гьекъезе. Гьедин гьабизе бегьуларо, нагагь гьабуни чехь гьорола. Лъим гьекъезе ккола къасисеб квандаса байбихьун кьижизегӀан дагь-дагьккун. ТIубараб къоялъ пихъидаса, овощаздаса, гӀурччинлъиялдаса черх махӀрумлъун букӀиналъ, гьелги кванде гъорлъе ккезаризе ккола.

Чехь гьоройчIого букIине лъикIаб буго хIайваналъул белокгун гIадатиял углеводал хIалтIизаризе. Кинал ратаниги гьалил квеназ, кигIан пайдаял жал гьел ругониги, гьез чехь гьорозабула. Гьединго газ гъорлъ бугеб лъецагун цIамгIалаб кваницаги чохьониб гьури цIикIкIинабула.

КIал биччалелъул гъадаро цӀезабе дагьабго къадаралда хинлъизарурал кванил нигӀматаздалъун, ай специял, пилпил гIемер гьабичIого ва цIамгIаллъизабичIого.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...