Цоцазе мисал
Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.
Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал букIинаби, гьебгиха - лъикIал бусурбабаздалъун.
Гьеб гьедин букIине ккани лъазе ккола хъизан гIуцIиялъул низам, рукъ гIуцIиялъул адаб, хасият, хъизамалда гьоркьор рукIа-рахъине.
ГIемерисеб нухалда хъизаналъул лъикIлъи байбихьула чIужуялдасан, гьелъ исламалда рекъон гIумру тIамиялдасан. Бищун кIудияб ишлъунги буго лъималазе берцинаб тарбия кьей.
Бицунеб буго: «Цо чIужугIадан ячIана Аварагасухъе ва абуна: «Я, Аллагьасул Расул, дун йиго руччабазул рахъалдасан духъе йитIун суалгун. Гьез абулеб буго жигьад бихьиназе бихьизабураб бугин, гьезие гьелъухъ даражабиги руго. Ниж гьелдаса махIрум гьарун руго, гьеб даражаги нижее гьечIо», - ян. Гьеб мехалъ Аварагас ﷺ абуна: «Росасе мутIигIлъи ва мукIурлъи бащалъула Аллагьасул нухда гьабулеб жигьадалда...», - ян. Рос рази вугей чIужугIадан лъугьине йиго Алжаналдеги.
ЧIужугIаданалъ гьабулеб хIалтIи-пиша букIине ккола шаргIалда данде кколеб. Кинабго гIайиб руччабазде рехизеги бегьуларо. Бихьиназги тIубазе ккола хъизамалда цебе бугеб хIакъ.
Рос-лъадуца бахчизе кколелдаса буго жидеда гьоркьоб букIунеб балъголъи цIуни. Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъ Аллагьасда цере гIадамазда гъорлъ бищун квешал руго рега-рахъиналъул балъголъи цогидазда бицарал», - ян. ЦIар тIамун ратIалъун ругониги, гьеб къватIиб бицине бегьуларо.
Хъизамалда гьоркьоб ккараб дагIба-рагIиги рукъ тун къватIиб бицинчIого тезе ккола хъизамаз. Рос-лъадуда гьоркьоб камуларо дагIба-рагIи, амма бищунго квешаб буго гьеб къватIиб бицин. Цогидазе гьеб гIахьал гьаби сабаблъун ккезе рес буго цIар тIами гурони нух жиндие гьечIеб хIалалдеги.
Гьабизе ккола цоцазе кумек. Гьеб гьабиги буго Аварагасдаса ﷺ мисал боси. Аллагь разилъаяй ГIайшатида гьикъун буго: «Кинав вукIарав Авараг ﷺ рокъов?» - илан. Гьелъ жаваб гьабун буго: «Аллагьасул Расулас ﷺ ретIел букъулаан, хьитал къачIалаан, гьабулеб букIана кинабго гIадатияв чияс гьабулебщинаб», - ин. Гьедин цоцазе кумек гьабуни, гьоркьоблъи щулалъула.
Хъизамалда ккарал лъикIал гурел ишал тIуразе ккола жидецаго берцинаб къагIидалда. Лъималазулги камуларо лъикIаб гуреб иш гьаби. Гьединал хIалазулъ нуж рукIа хIеренал, хIалималлъун, ахIдон рагъдоге. Гьеб буго лъикIаб къагIида. Гьедин гьабулаан Аварагасги ﷺ ва абулаан: «Нужеца цIал те бихьулеб бакIалда бан, гьеб хIалтIизабизе гуреб, хъизамалда бичIчIизе букIине (гIадло хвараб иш лъугьараб мехалъ) рос/эмен цохIо хIеренав гуревги, хъачIавги къвакIаравги вукIунеблъи», - ян.