Аслияб гьумералде

Мискинав Амир

Мискинав Амир

Мискинав Амир

Мадинаялде гьижра гьабидал СагIид, авараггун ватIалъулев вукIинчIо. Хайбаралъул ва цогидал гъазаватазулъги гIахьаллъана авараггун цадахъ. СагIидида разилъун авараг r ахираталде накълулъидал, кIиявго халиф, ай Абубакаргун ГIумарида цеве бахъараб хвалченлъун хутIана гьев. Дунял тун ахират тIаса бищарав муъминчиясул мисалалда вукIана СагIид ибн ГIамир аль-Жумахи.

Аварагасул кIиявго халифасда лъалаан СагIидил ритIухълъи ва вацIцIалъи. Гьесулгун гIакълу дандбалаан гьез. ГIумар асхIабас, халифлъун вугеб мехалъ, жиндиего кумек гьабизе СагIид Хомсалъул гIадамазда тIад нухмалъи гьабизе тана. Цо дагьаб заман гьоркьоб индал Хомсалдаса божарал чагIи рачIана ГIумар асхIабасухъе.

«Нужер росдал мискин-пакъирзабазул цIарал хъван дихъе кье, гьезие кумек гьабизе букIине», - ян абуна ГIумар асхIабас. ЦIарал хъварал кагътал гьесухъе рачIиндал СагIид ибн ГIамирил цIарги бихьана гьениб хъван.

«Гьев щив СагIид?» - абун, гIажаиблъи гьабуна ГIумар асхIабас. ГIадамаз жаваб гьабуна: «Нижер амир вуго гьев», - ян. ГIумар асхIабас нахъеги гьикъана: «Гьеб кин? Нужер амир мискинищ!?» - абун. ГIадамаз абуна уйилан, гIемерал къоял ругин гьесул рокъоб цIа бакичIогоян.

ГIумар асхIаб гIодана ва гьезухъе 1000 динарги кьолаго абуна: «Дир саламги бицун СагIидида абе халифас гьаб гIарац битIанин дур ругел хIажатал тIуразе», - ян. ГIарацги босун гьел гIадамал СагIидихъе щвана ва гьез гIарац кьедал, СагIидица гьеб добегIан цуна ва абуна: «Инна лиЛЛягьи ва инна иляйгьи ражигIун (цо балагь тIаде бачIиндал абулел рагIаби)». РахIат хварай чIужуялъ абуна: «Дуе ккараб щиб, СагIид? Щиб лъугьараб? Муъминзабазул бетIергIаги гуревищ хварав?» - ян.

СагIидица абуна: «Гьелдасаги кIвар бугеб лъугьана», - ян. ЧIужуялъ абуна: «Рагъда бусурбабийищ къурал?» СагIидица абуна: «Гьелдасаги кIвар бугеб ккана», - ян.

«ЩибгIагиха ккараб гьелдасаги кIвар бугеб, я СагIид?» - абун гьикъана чIужуялъ. «Дихъе дунялалде гъира багъаризабулеб жо бачIун буго.

Дун къосинавизе рокъобе питна бачIун буго», - ян. «ТIубазабеха, СагIид, гьеб иш», - ян абуна чIужуялъ.

Динаразул хIакъалъулъ гьелда щибго жо лъалароан. СагIидица гьел динарал, чIужуялъул кумекалдалъун, мискинзабазда гьоркьор рикьана.

ЖАБИР МАЖИДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...