Аслияб гьумералде

МацI цIуни

МацI цIуни

МацI цIуни

Аби буго, мацI бугин ракьа гьечIеб жойин абураб. Гьединлъидал, мацI цIунизе ккола къваригIел гьечIел харбаздаса.

 

МацIалъ инсанасе кIудияб зарал гьабула, амма нилъеда гьеб битIун хIалтIизабизе лъани, гьелъулъ буго хвасарлъиги.

Нилъеда лъала загьру щиб жо кколебали. Гьеле гьединабго загьру буго мацI мекъи хIалтIизабиялда жанибги. Гьединлъидал Къуръан-хIадисалъги бицунеб буго нилъеда, тIарикъаталъул машаихзабазги малъула мацI къваригIел гьечIеб харбидаса цIунизе кколеблъи.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Лагъ битIараб нухде тIовитIуларо гьес жиндирго ракI битIараб нухде тIобитIизабичIони, ай ракI цIуничIони квешабщиналдаса. Гьесул ракIги хIакъаб, битIараб нухда цIунун букIунаро, гьес жиндирго мацI квешабщинаб жоялдаса цIунун гьечIони, гьев чиги Алжаналде лъугьунаро жиндирго мацIалдалъун мадугьаласе букIа, инсанасе букIа зулму-зарал гьабун батани», - ян абураб.

МугIаз бин Жабал-асхIабас бицун буго, цо къоялъ жинца Аварагасда ﷺ гьикъанила, жидеца бицараб хабар Къиямасеб къоялъ цIадирабазда лъун цIалищин абураб. «ЦIала, МугIаз, инсанас гъибат-бугьтанги, чияе зулму-заралги гьабулеб бугони, гьеб цIадирабазда цIачIого ва хIисаб босичIого толаро», - ян.

Гьалдалъун нилъеда бичIчIула, черхалъ гьабураб гIечIого, кIал-мацIалъ гьабуралъухъги къисас Аллагьас босулеблъи.

Сайид бин Жабир-асхIабас бицун буго, хирияв Аварагас ﷺ абунин: «Адамил лъимер макьидаса борчIидал, лугбаз мацIалда абула, мун Аллагьасукьа хIинкъа жидее гIоло, мун ритIухъго бугони, нижги ритIухълъиялда рукIуна, дуца квешлъи гьабуни, нижги квешаллъун рукIуна… Дуда лъай, мун сабаблъун тIубараб соналъ Аллагьасда цебе жаваб кьезе кколеблъи…». (Тирмизи)

Гьединлъидал, нилъеца нилъго цIунизе ккола кIал-мацIалдаса, чорокаб, къабихIаб гIамалалдаса, гIадамазе зарал гьабиялдаса ва гъибат-бугьтаналдаса.

Аллагьас ритIун ккезареги.

 

Халид Пайзулаев

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...