Аслияб гьумералде

Чилъи жиндилъ бугеб

Чилъи жиндилъ бугеб

Чилъи жиндилъ бугеб

Дунял-ахираталъул талихI жидее хъварал муъминзабазе, гьабураб сипаталдаса буго, гьел ругин жидеца гьабураб къотIиги букIине кколедухъ аманатги тIубазабулел чагIиян абун. Аманат тIубаялъ щвей гьабула кинабниги дунялалъулги ахираталъулги ишазде.

ГIадамазул хIакъ ва аманат тIубазаби исламалъул тIабигIатаздасан бищун кIудияб буго. Гьеб буго Аллагьас ﷻ зобал-ракьал мугIрул-щобазде тIаде росиялдалъун бакка-бахъи гьабидал, гьезги тIаде босичIеб, инсанас къабул гьабураб гIамал.

Гьеб тIубазабиялдалъун Аллагьас ﷻ нилъеда амру гьабуна сурату «Нисаалъул» 58-абилеб аяталда: «Аллагьас ﷻ нужеда амру гьабулеб буго аманат гьабураб жо тIубазабеян».

ГьитIинаб къоялдасаго аварагас ﷺ гьелдалъун сипат ккуна. Къурайшиязда гьоркьов «ритIухъав амин» абун тIокIцIаралдалъунги машгьурлъана гьев ﷺ. Авараглъун ﷺ витIун хадуб тушманлъун жидеца ккуниги, гьез гьеб сипат аварагасдаса ﷺ тIаса инабичIо.

Аманат тIубазаби гьабуна аварагас ﷺ чиясул иманалъе ва берцинаб тIабигIаталъе далиллъунги. Анас-асхIабидасан бицана: «Нижедехун аварагас ﷺ калам гьабулароан, «Аманат тIубазаби гьечIев чиясулъ иман гьечIо ва къотIи тIубазабуларесулъ динги гьечIо», - ян абун гурого. Гьединго гьеб букIана хIажжатул-вадагIалда аварагас ﷺ гьабураб васиятазул ахирисебги. Гьеб тIубазабиялъулъ руго чанго батIиял тайпаби.

ГIибадат гьабиялъулъ аманат тIубай

Гьеб буго как бай, кIал кквей, эбел-инсуе лъикIлъи гьаби гIадал, Аллагьас ﷻ тIад гьабураб жоялда цIакъ бахъиялдалъун тIадчIей гьаби.

Ибну-ГIумарица бицана, аварагас ﷺ цо къоялъ какил бицен гьабунин ва абунин: «Как баялда тIадчIей гьабурасе гьеб нурлъун, хIужалъун ва Къиямасеб къоялъ хвасарлъилъун букIуна. Гьелъулъ тIаса-масалъи гьабурасе рехсаралъул гIаксияб букIуна, Къиямасеб къоялъ гьев къарун, фиргIавн, гьаман ва убаю ибну халафгун цадахъги вукIуна», - ян.

Лугбал цIуниялъулъ аманат тIубай

Бусурбанчиясда лъазе тIадаб буго черх ва лугбал аманат гьабурал жал рукIин, гьесда тIадаб буго гьезда тIадчIей гьабизе ва гьел цIунизе.

Аллагьасул ﷻ ццим бахъунеб бакIалда гьел хIалтIизариларо. Бер - хIарамаб жоялде балагьиларо, гIин - хIарамаб рагIиялдаса цIунила ва гьездаго релълъун цогидал лугбалги. Абу-Гьурайратидасан бицараб хIадис буго: «Бералъги ракIалъги зина гьабула. Берзул зина буго кколареб бакIалде балагьи, рекIел зина буго пикру-хиял гьаби. Гьединлъидал гIавраталъ гьеб я къабул гьабула ялъуни нахъчIвала», - ян.

ЦIунизе кьураб жоялъулъ аманат тIубай

Гьеб буго божилъи гьабун нилъехъе кьураб жо. Гьелъул агьлуялъ нахъбуссин тIалаб гьабидал, нилъехъе кьураб кинниги тIадбуссинабизе ккола. Капурзабазгицин аварагасда ﷺ аскIоб толаан жидерго къайи, мушрикинал ругин абун течIого гьес ﷺ гьеб цIунизе босулаан ва тIадбуссинабунги кьолаан. Гьеб тIубазабиялде муъминзабиги гьесизарулел рукIана.

Гьабулеб гIамалалъулъ аманат тIубай

Гьеб буго жинда тIадаб иш букIине кколедухъ тIубазаби. ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасе ﷻ бокьула нужер цояс гьабулеб иш бищун лъикIаб куцалда тIубазабулеб мехалъ», - ан.

Бича-хисиялъулъ аманат тIубай

Гьеб ккола бичулеб ялъуни босулеб жоялъулъ шаргIалъул нух кквей, бичулес - цIадиро лъеялъулъ, босулес - данде кьолелъулъ.

Жинда цIехезе бугеб жоялъулъ аманат тIубазаби

Гьеб ккола, жиндир кверщаликь ругезул тIалаб-агъаз кин гьабурабали хIакимасда – рагIияталдаса, инсуда – лъимал-хъизамалдаса цIехезе бугелъул, щивав тIад тарас букIине кколедухъ жиндаго тIадал ишал халкъалъе пайдаял рахъазде хIалтIизари ва гьел тIалаб гьари. Инсуцаги, лъимал-хъизамалъе исламияб тарбия кьун, гьел битIараб нухда тIоритIи.

Буго балъго гьабураб загьир гьабунгутIи, бицунеб рагIиялъулъ ритIухълъи цIуни гIадал бакIаздаги аманат тIубай. Гьеб кинабго буго чиясул ритIухълъиялде ва иманалде тIоритIел гьабулеблъун.

БетIергьанас ﷻкумек гьабеги!

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...