Аслияб гьумералде

КагIбаялъул хиралъи

КагIбаялъул хиралъи

КагIбаялъул хиралъи

КагIба ккола тIоцебе Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун, Гьесие лагълъи гьабизе ракьалда бараб исламалъул гIаламат.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ сурату «Аль-ГIимраналда» абулеб буго: «КагIба буго тIоцебесеб рукъ БетIергьанас нужее баракатлъун, гIаламалъего тIоритIеллъун Маккаялда лъураб, гьелъулъ нужее загьирал гIаламаталги руго, Ибрагьимил макъамги буго. Щив чи вугониги гьениве жаниве лъугьун, гьев цIунаравлъун вукIуна», - ян.

ТарихчагIаз бицунелда рекъон, КагIба бан буго ункъо нухалъ. ТIоцебе КагIба бана малаикзабаз, гьез гьелда сверун тIавафги гьабулаан Адам авараг ракьалде витIилалдего аза-азар соналъ цебе. Хадуб, Адам аварагас гьаб заманалда КагIба бугеб бакIалда рукъ гьабуна (купол), ЖабрагIил малаикас алжаналдаса рачIарал хириял ганчIалги лъун. Лъабабилеб нухалда КагIба бана Ибрагьим аварагасги гьесул вас ИсмагIилицаги. Гьез бараб мехалъ гьелъул борхалъи букIана 3,5 метр, халалъи  - 15 метр, гIеблъи - 11 метр ва гьелда тIад тIохги букIинчIо. Ибрагьим аварагасда хадуб хIалалаб, бацIцIадаб боцIиги бакIарун гьеб бана къурайшияз. Ислам бачIиналде цебе гьеб баялъулъ гIахьаллъи гьабуна ва гьениб «ХIажарул асвад» лъуна живго МухIаммад аварагасул ﷺ хириял квераз. Гьез КагIбаялъул борхалъи гьабуна 9 метр, гIеблъи букIарабго тана, халалъи - 3,5 метр тана, гьеб борхизабизе хIалалаб боцIи гIечIого. Цо-цо гIалимзабаз бицунеб буго КагIба Адам аварагас банин, цогидаз абулеб буго гьеб дагьабги цебе букIанин, хIакъикъат Аллагьасда ﷻ лъала.

Азрукъиясги имам ШафигIиясги бицана: «Адам аварагас тIаваф гьабулеб мехалда, гьесухъе малаикзаби рачIун баркана ва абуна: «Дудаса 2000 соналъ цебе нижеца КагIба сверун тIаваф гьабулеб букIана», - абун. КагIба бихьараб мехалъ абизе суннатаб буго: «Я, БетIергьан Аллагь! Дуца кIодо гьабе гьаб КагIбаялъул тIадегIанлъи ва берцинлъи, гьединго, кIодо гьаре гьаб КагIба кIодо гьабун хIеж-гIумраялде рачIаралги. Я, дир Аллагь! Мун вацIцIадав вуго дуе рекъоларел киналниги сифатаздаса, Дуца ниж кIодо гьаре, Дурго цIобалдалъун нижер мунагьал чуриялдалъун», - абун.

Свалат-салам лъеяв аварагас абулеб буго: «КагIбаялъухъ ралагьи Аллагьасе гIибадат гьаби буго», - ян. Сайид бин Мусайибица бицана: «Щив чи вугониги кири щвеялда божун КагIбаялъухъ валагьун, Аллагьас гьев мунагьаздаса вацIцIад гьавула, эбелалъ гьавурав гIадин», - абун.

Имам Гъазалияс хъвалеб буго: «Масжидул ХIарамалде жанире лъугьун КагIба бихьарабго, гьесда ракIалде щвезе ккола гьелъул тIадегIанлъи ва пикру гьабизе ккола Аллагьасда цеве чIун вугев гIадин. БетIергьанасдаса хIинкъун, берал къанщун, хIузуралда чIун, мунагьал чуреян гьаризе ккола. Гьединго, Аллагьасда гьаризе ккола, жакъа дунялалда КагIба бихьараб гIадин метер къиямасеб къоялъ живго БетIергьан вихьизе тавфикъ кье», - ян.

Макьилъ КагIба бихьарав, хIакъикъаталда, гьеб бихьарав чи ккола. Щайгурелъул, щайтIаналда хIалкIоларо КагIбаялъул сурат цебе бачIинабизе.

 

АхIмад МухIумаев

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана МахIачхъалаялъул  ЦIияб Хушет  поселокалде. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана поселокалъул имамгун ва жамагIатчагIазул цоцоялгун. Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...