Аслияб гьумералде

Как-кIалалда къокълъуларо...

Как-кIалалда къокълъуларо...

Нилъеда ракIалде ккола ислам гIицIго как байги, кIал кквейги бугин абун. Какги бан, чIумалги цIалун нилъеца мадугьаласе зарал гьабула, пакъирасда гурхIуларо. Гьебищха исламияб дин? ТIадегIанав Аллагьас ﷻ исламлъун рикIкIана гIамал-хасият гIадамаздехун лъикI гьаби. ХIакъикъаталдаги нилъедаса лъие бугониги зарал ккезе бегьуларо.

Исламияб дин щиб кколебали аварагас ﷺ жиндирго мисалалдалъун бихьизабуна. Цо нухалда ГIаишатида гьикъула аварагасул ﷺ тIабигIат кинаб букIарабилан абун. Гьелъ жаваб гьабула, нужеца Къуръан цIаличIищилан. Гьесул тIабигIат Къуръан букIанин абун.

Кинха бичIчIилеб Къуръан гьесул тIабигIат букIанин абураб жо? Гьелъул магIна ккола Къуръаналъ малъулебщиналда гIамал гьаби. Мисалалъе, Къуръаналда аварагасда ﷺ абулеб буго: «Дуца сабру гьабе дуе кканщинаб жоялъулъ. Гьеб буго къвакIарал ишаздасан», - ян. (Сура «Лукъман», аят 17). Аварагасул ﷺ сабру кинаб букIарабали нилъеда лъала, гьаниб баян гьабичIониги. Гьес сабру гьабуна цониги аварагасда ﷺ хъатIичIеб жоялда, бищун гIемер гIакъуба бихьаравги МухIаммад авараг ﷺ ккола. Гьединал адабал Къуръаналда гIемер руго.

Къуръаналда рехсараб адабалъулги тарбиялъулги къасдлъун ккола авараг ﷺ. Хадуб гьесдасан ﷺ нур щола кинабниги халкъалъе. Цинги Къуръаналъ гьесда ﷺ адаб малъана ва гьес ﷺ халкъалдаги малъана. Гьелъин абураб аварагас ﷺ, жив витIун вугин гIадамазул тIабигIат камил гьабизе. Цинги аварагасул ﷺ тIабигIатал камиллъидал, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьев веццун абуна: «ХIакълъунго, мун тIадегIанаб тIабигIаталъул вуго», - ян. (Сура «Къалам», аят 4).

Имам Гъазалияс абуна, МугIаз бин Жабалидасан бицанин, аварагас ﷺ абунинги абун: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ ислам сверун ккуна лъикIал тIабигIатаздалъун ва берцинаб гIамалаздалъун. Гьел гIамалалги ккола: рокъов берцинго вукIин, гьабулеб хIалтIи лъикI гьаби, салам кьей, садакъа кьей, унтарасде ваккизе ин, бусурбанчиясул жаназа букъизе ин, мадугьалзабигун лъикI вукIин, ай капуравин, бусурбанавин ватIа вахъичIого, хъахIаб рас баккарав чи кIодо гьави, тIаса лъугьин, гIадамазда гьоркьоб рекъел гьаби, сахаватлъи, саламалдалъун байбихьи, ццин къулчIи, исламалъ хIарам гьабуралдаса рикIкIад чIей, гъибат, бугьтан, гьереси, барахщи, хъачIлъи, хIилла, гукки, мацI гьаби, гIагарлъи къотIизаби, квешаб тIабигIат, чIухIи, вахIшилъи, рекIкI гьаби, хIасад, тIирун чIей, тушманлъи, зулму гьабиялдаса рикIкIалъи».

Анас-асхIабас бицана аварагас ﷺ абулаанин насихIат берцинго гьабейин ва кидаго лъазабулаанин хъачIго, гIайиб балагьун насихIат гьабиялдаса цIунеян.

Цо нухалда МугIазица аварагасда ﷺ абула васият гьабейилан. Аварагас ﷺ гьесда абула: «Дица дуе васият гьабула Аллагьасдаса ﷺ хIинкъаян, битIараб бицеян, кьураб къотIи тIубазабеян, духъе кьураб аманат цIунеян, хиянат гьаби теян, мадугьаллъи цIунеян, ятимасда гурхIаян, берцинаб калам гьабеян, салам кьейин, гIамал берцинавлъун вукIайин, хьул лъей дагьлъизабейин, иманалда тIадчIей гьабеян, Къуръаналда гIамал гьабейин, ахират бокьайин, Къиямасеб къоялъул букIине бугеб хIисабалъул ургъел гьабейин, Аллагьасул лагъзадериде берцинго вукIайин, ритIухъав чи гьереси гьавиялдаса цIунейин. Дица дуе васият гьабулин щибаб ганчIида, гъотIода ва салуда аскIоб ТIадегIанав Аллагьасдаса хIинкъаян. Щибаб мунагьалъе тавбуги гьабейин».

Гьадин Бичасул расулас Аллагьасул ﷻ лагъзадерида адаб малъана ва гьелги ахIана лъикIал тIабигIатазде ва берцинаб хьвада-чIвадиялде.

Гьаб заманалда интернеталдасан нилъеда дин бихьизабула квешаб рахъалдасан. ХIакъикъаталдаги гьедин бихьизабулел руго аварагасул ﷺ хьвада-чIвади бичIчIичIел ва гьес щиб мурадалъе гъазават гьабурабали лъаларел. Гъазават гьабуна рес къотIидал, къотIиги хвезабун капурзаби тIаде кIанцIидал. ПалхIасил, аварагасул ﷺ сират лъикI лъазабуни, нилъеда бичIчIула гьел къосарал чагIазул мурадги.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги аварагасул ﷺ хьвада-чIвади лъазабизе. Амин!

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...