Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ цо-цо вакъигIатал

Аварагасул ﷺ цо-цо вакъигIатал

Аварагасул ﷺ цо-цо вакъигIатал

 

Хъурмил нугIлъи

 

Абу-СагIид Худриясдасан бицана: «Хъумуралъ гIиялъажо бикъун унаго гьелда хадув гъуна вехь ва гьелдаса чахъу нахъе бахъана. Хъумур гIодоб чIана ва, вехьасдехун буссун, гIадамазул мацIалдалъун кIалъана: «Мун Аллагьасдаса хIинкъуларищ?! Щай дуца дидаса бахъулеб Аллагьас дие кьураб ризкъи?» – ян.

 

Вехьас гIажаиблъи гьабуна: «Гьабго щиб гIажаиблъи? ГIодобги чIун хъумур кIалъалеб буго дунгун гIадамазул мацIалда», - ян. Хъурмица абуна: «Гьалдаса гIажаибаб жо бицинищ дица дуда? Ясрибалда (Мадинаялъул цебе букIараб цIар) МухIаммадица ﷺ бицунеб буго цебехун букIараб жо», - ян. Вехь, жиндирго гIиялги цере гъун, Мадинаялде къокъана ва, гьелъул рагIалда гIиялги тун, Аварагасухъе ﷺ ана, кканщинаб хабар гьесие бицана. Цинги, гIадамал какде ракIаридал, Бичасул Аварагас ﷺ вехьасде абуна гьезда жиндиего ккараб бицейилан. Вехьас жиндирго ккараб къиса ракIараразе бицун бахъиндал, Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «БитIараб бицана гьес. МухIаммадил черх Жиндир кверщаликь бугев АллагьасхIаги, Къиямасеб къо чIезе гьечIо гIалхул жанаварал гIадамазда кIалъазегIан (инсанасда кIалъазе буго гьесул цIалалъул рагIал, хьитазул чIалал), Гьев гьечIеб мехалъ гьесул хъизаналъ щиб гьабунищали гьесул мачIчIалъги бицинегIан», - абун (Гьаб хIадис кьучIаб иснадалдалъун бицана Тирмизияс ва имам АхIмадица).

 

Хъурмазул чапар

Абу-Усайдил вас ХIамзатидасан бицана: «Ниж Халкъалъул Хириявгун ﷺ цадахъ, ансариязул цо чиясул жаназаги босун БакъигIалде унаго нухда бугоан жиндирго квачIазда тIад бетIерги лъун бегараб хъумур. Хирияс ﷺ абуна: «Гьаб буго хъурмаца нужехъе битIараб чапар, жидее бутIа чIезабейилан, чIезабеха нужеца гьеб, нужеца бихьизабуралдаса тIокIаб босизе гьечIо гьелъ», – ан. АсхIабзабаз абуна: «Дуда битIараблъун бихьараб куцалъ гьабила, Бичасул Авараг!» - ян. Халкъалъул Хирияс ﷺ абуна: «Щибаб рехъадаса санайил цо-цо чахъу», - ян. АсхIабзабаз абуна гьеб гIемераб бугилан. Гьеб мехалъ Аварагас ﷺ хъурмиде лъабго килищалдалъун ишара гьабуна бикъеян ва хъумур жиндирго нухде къокъана», - ян (Гьаб хIадис бицана Байгьакъияс. Гьалда релълъараб магIна бугел хIадисал рицана гьединго Абу-НугIаймица ва Баззарица).

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...