Аслияб гьумералде

Балагье, бугебщиналъухъ

Балагье, бугебщиналъухъ

ГIатIиракьалде гIемериселги ун, дагьалго гIадамал хутIараб магIарул цо росулъ, годекIанив гIодов чIун ватун вуго херав тIарикъатчи, шагьаралдаса рачIарал гIолохъабазда. Салам-каламги гьабун, кIалъа-басай гьабун буго гIолохъабазги.

Гьедин рукIаго цояс цIехон буго херасда: «РакI гъеялъе аскIоре щвезе гIемерал чагIиги, гьабизе хIалтIиги гьечIого, чIалгIун вукIунев ватила мун», - ан.

Херас абула: – Валлагь, дир лъимал, цIакъ гIемераб хIалтIиха дир букIунеб, хасго херлъидал. Цо лахIзаталъниги тамахлъани дун жужахIалде вехъерхъулеб чамалиго хъумуралъе гIадлу-низам гьабизе ккола, - ян абула херас.

ГIолохъабаз абула нилъеда бихьулелъуб гьелги гьечIин, кинал хъурмазул дуца бицунеб бугебилан. Херас абула кIи-кIи тайлангун цIумазе гIадлу гьабизе кколин. КIиго гIанкI гIодобе биччазабизе, цо борохь куцазе кколин. ХIамилги хIалтIуде гъира базабун, гьелъул кIвахI инабизе ва бищунго хъачIаб гъалбацIги мутIигI гьабизе кколин.

ГIолохъабаз хIикмалъи гьабула, гьел кир ругелин цIехола. Цинги херас абула: «Ле, гIолохъаби, гьел киналго нилъер щивас жиндаго жанир хьихьун руго. КIиго тайлан, нилъеда рихьулел лъикIалги квешалги пишабазда хурхуна. Дица гьел пайдаялъе ратулел гIамалал ратIа рахъизе ругьун гьарула, гьелги ккола берал.

КIиго цIумалъ, ай гьезул малъаз жал хъварабщинаб бакIалда ругънал лъола. Гьелги дица куцазе ккола лъикIалъе хIалтIизе, гьел цIумалги дир кверал руго. ГIанкIал абуни, нилъеда лъала, сабру гьечIого, бакI-бакIалде ун хIажат гьечIелъуре кIанцIолел рукIуна. Гьеб кIиябго гIанкI ккола дир бохдул, гьединлъидал бохдул куцазе ккола къваригIел гьечIелъуре инчIого рукIине.

Гьал церехун рехсараздаса дие зарал цIикIкIараб ккола борохь, гьеб кквезе дие захIмалъизеги захIмалъула. Гьелъ хъалаялъуб тIамуниги жигар бахъула къватIибе бачIине, цеве ватарасда загьру биччазе. Гьебги ккола, гIолохъаби, дир мацI.

Нилъеда лъала хIама, гьелъул тIирунчIей, кIухIаллъи, хIалтIизе бокьунгутIи, рахIат тIалаб гьаби. Гьебги нилъер къаркъала-черх буго, гьебги кIвар кьун квегъизе ккола.

Ахиралдаги, киналдаго тIад ханлъи гьабизе лъугьунеб, бетIерлъи бокьулеб, жиндир гIамалги кIудияб, чIухIараб гъалбацI буго. Гьебги ккола дир напс. Гьанже балагье, гIолохъаби, дир ругелщинал хIалтIаби. Гьединлъидал, рехсарал хIалтIаби Аллагьасе бокьухъе ва Гьев разилъуледухъ хьвадизаризе гьелда тIад ургъулев, кIвараб жигар бахъулев вукIуна дун», - ян жаваб гьабула херас.

Аллагьас кумек гьабеги нилъееги гьел жанаварал къезаризе ва Гьесул I шаргI цIунун хьвадизе!

ЗАЙИРБЕГ МУХIАММАДНАБИЕВ, ТIОГЬОХЪ РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...