Аслияб гьумералде

МагIишаталъе битIараб ният

МагIишаталъе битIараб ният

Гьабулеб иш нилъер нияталда рекъон букIуна. Гьаб дунялалда магIишат гьабичIогоги нилъ тIураларо. Кваназеги гьекъезеги кколелъулха. Гьединлъидал нилъер бербалагьи, битIараб ният Аллагьасги ﷻ аварагасги ﷺ баян гьабураб куцалда букIине ккола. Нилъеда ракIалде ккола гIемер кваназе кколин, гурони рухI букIунарин, хIалакъ вукIунин, цогидаз хIакъир гьавилин ва гь. ц.

ХIакъикъаталдаги ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсан вижун вуго гIемераб квен кваназе кколаревлъун. Гьелъин аварагас ﷺ абураб, нужеца кваналаго кванирукъ лъабиде бикьеян, ай цо бутIа квание, цогидаб - лъей ва лъабабилеб - гьаваялъе теян. ГIемер кванаялъ нилъер чорхое ва рухIияб рахъалъе зарал гьабула. Дагьалда гIей гьаби буго цIакъ беццараб пиша. Гьединго гьабулеб магIишаталъеги буго битIараб ният ва къасд, цо-цо кодоса жоги биччазе бегьула, гьединго, кутакаб хIажалъи ккун гурони какун буго щиб букIаниги гьаризе. Гьал насихIатал нилъеца нухлъун ккуни, баракат букIана. Щайгурелъул гьел насихIатал нилъее рихьизаруна ТIадегIанав Аллагьасги ﷻ Гьесул аварагасги ﷺ.

Абубакар Сиддикъица абун буго, жинца гIажаиблъи гьабулин (разиго вукIунарин) хъизамалда, жидеца цо нухалъ садакъа кьун чIолезда. Абубакар-асхIабасе абизе бокьараб буго, цо нухалъ кьун течIого гьоркьо-гьоркьоб садакьа кьейилан. Имам Гъазалияс жиндирго «Мизанул гIамал» абураб тIехьалда хъвалеб буго, сахаватлъи кин бачIинабизе бегьулебали. ТIоцебе, гIемер кьечIого, гьоркьо-гьоркьоб нус-нус гъурущ кьун ругьун гьавуни, гьев гьелде ругьунлъула, хадуб гьев вачIуна 300-500 гъурущ кьеялде. Дагьаб хадуб гьелде ругьунлъун ккола, живги сахаватав чилъун лъугьуна. Аварагги ﷺ кутакалда сахаватав чи вукIана.

Ункъабилев халипа ГIали-асхIабас абуна: «Аллагьас ﷻ кьураб ризкъиялда разилъарав чи, кодоса араб боцIи-малалдаса пашманлъуларо», - ян. Гьединго ГIали-асхIабас абуна: «ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кьураб жоялда разилъани, черхалъеги ракIалъеги рахIат щола», - ян. ХIакъикъаталдаги нилъерго къуваталда мугъчIван цо жоялда хадув лъугьин ккола нилъго сваказари. Аллагьасе ﷻ вокьула таваккалги тIамун, Гьесда божун пиша гьабулев чи. Гьединав лагъасе Гьес ﷻ кумекги гьабула.

Цо-цо гIалимзабаз абуна, бечедав чи кколин Аллагьасдалъун ﷻ жинца гIей гьабурав чи, пакъирав кколин гIадамазде хIажалъарав. Гьединго абуна, Аллагьас ﷻ кьураб ризкъиялда разилъарав чиясда баракат лъолинги. Лъабго пиша бугин абула гIалимзабаз жиндилъ хвасарлъи бугеб: жанисанги къватIисанги ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ хIинкъи, мискинлъиялдаги бечелъиялдаги цого хIалалда вукIин, гIадлу букIин, ай ццим бахъиндал ва разиго вугеб мехалъ. Жеги абула, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ щуго жо щуго жоялда жаниб лъунин: тIадегIанлъи - тIагIаталъулъ, гIодобегIанлъи - мунагьалъулъ, гьайбатлъи - къаси вахъун тIагIат гьабиялъулъ, хIикмат - чIехь цIезабунгутIиялъулъ, бечелъи - бугеб жоялда гIей гьабиялъулъ.

Цо-цо гIалимзабаз абуна, гIураб жоялдаса тIаде цIикIкIун тIалаб гьаби исрап кколин. Масала, чиясе гIолеб бугони цо суркIа кванил, амма гьес кIиго кванани, исраплъи ва чохьое зулму гьаби ккола. Цо валияс абуна: «Я, Адамил лъимер. Ризкъи щвеларин абун хIинкъуге, Аллагьасул ﷻ хазина абадияб буго. Аллагь ﷻ гуресулгун ракIгъей гьабуге, нагагьлъун цогидасулгун ракIгъей гьабуни, кинабго хайир уна», - ян.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кьуралда разиго вугони, черхалъеги рекIееги рахIат щола. Метерисеб ризкъи дуца ТIадегIанав Аллагьасдаса ﷻ тIалаб гьабуге, Аллагьас ﷻ метерисеб гIибадат тIалаб гьабулареб гIадин. Аллагьасда ﷻ кIочон толаро мунагь гьабуралцин, Гьесие мутIигIлъарал кин Гьесда кIочон толел?

Аллагь ﷻ кинабго жоялда хIал кIолев вуго, кинабго бихьулевги вуго. Исламалъ цIакъ какун буго гьардон магIишат гьабулел чагIи. Имам ШурайхIица абуна: «ХIажатаб жо гьарани, лагълъуде ккола», - ян. ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ гIагарлъула чияс Гьесда гьарараб мехалда. ГIадамазда гьаричIеб мехалда гьездехун гIагар вукIуна», - ян.

ГIабдуллагь ибн Мубаракица абуна: «Садакъа гьабун живго гIадамазде хIажалъизавиялдаса лъикIаб буго, бугеб жоялда гIей гьаби (гIадамазде хIажалъичIого вукIине)». Жиндирго лагъасе ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ лъикIлъи бокьидал, гIибадат бокьизабула ва бугеб жоялдаги гIей гьабула, диналда жаниб бичIчIи кьун, якъинги щула гьабула. Квешлъи бокьарасе боцIи-мал бокьизабула, тIуванго дунялалъулъ тIерхьуна, Аллагьас ﷻ гьев живго жиндего рехун тола. Гьединав чияс пасалъи гьабула гьаб дунялалда ва гIадамазе зулмуги гьабула. Аллагьас ﷻ цIунаги гьелдаса.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...