Аслияб гьумералде

ХIикматазул гъамас

ХIикматазул гъамас

Лукъманул ХIакимил насихIатал

Я, дир вас, лъикIаб тарбия тIалаб гьабун къецал гьаре. Тарбия ккола лъицаниги бахъизе рес гьечIеб ирс, лъиданиги жиндаса бергьине кIвечIеб гьудул ва киназулго жинда гIищкъу бугеб битIккей.

Я, дир вас, «квешлъиялъ квешлъи свинабула», - ян абурав чияс гьереси бицана. РакI рагьарав чи гьев ватани, баке абе кIиго цIа ва цоялъ цогидаб свинабизе кIолищалиги балагье. ХIакъикъаталдаги лъеца цIа свинабулеб гIадин, квешлъи лъикIлъиялдалъун свинабула.

Гьардухъанлъи гьабиялдаса мун цIуне. Гьардеялъ гьурмадаса нур бахъула. Гьелъул бищун квешабги буго - гIадамаз дур адабхIурмат гьаби тей.

ГIуж щведал, щиб гIилла бугониги, как нахъе бахъуге. Как дуда тIад лъураб налъи буго. Цин как бай, хадуб хIухьбахъи гьабе. Хочол тIогьиб базе кканиги как дуца нахъбахъуге.

Квешал чагIаздаса Аллагьасда цIуни гьаре. ГIадамазулъ бищун лъикIавлъун вукIине хIаракатги бахъе ва цIодоргоги вукIа.

Гьаб дунялалъ асар гьабун ракI машгъуллъизе биччаге. Гьаб дунялалъе вижаравлъун гьечIо мун. Дунялалдаса инжитаб жоги Аллагьас бижинчIо. Дунялалъул нигIматал гIицIго мутIигIазе шапакъатлъун гьаричIо ва гьединго балагьалги гIицIго мутIигIлъичIезе гIазаблъун гьаричIо.

Цо къваригIелалъ хIакимасухъе индал, гьесда тIадчIун вукIунге. ЛъикIаб рекIел хIалалда гьев вугев мехалъ гурони дурго хIажалъи бицунге. Мун гуккулесдасаги кумек тIалаб гьабуге. ХIалихьатасдаса ва къарумасдаса кумек тIалаб гьабуге. Гьез кумек гьабичIони бачIунеселда гьезукьа нечон вукIина мун. Кумек гьабидалги гьез дуда хадуб бадибчIвала.

Я, дир вас, Аллагьасде гIагар гьарулеб ва Гьесул ццин бахъиналдаса рикIкIад гьарулел пишаби малъила дица дуда. ТIоцебесеб - Аллагьасе гIибадат гьабе ва Гьесие гIахьалчи ккоге. КIиабилеб – дуе бокьулелъулъ ва бокьуларелъулъ кидаго Аллагьасул къадаралда рази вукIа.

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...