Аслияб гьумералде

Божилъи гьабураб тIубазаби

Божилъи гьабураб тIубазаби

Дунял-ахираталъул талихI жидее хъварал муъминзабазе, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ  сипат гьабуна: «Гьел руго жидеца гьабураб къотIи ва аманат букIине кколеб куцалда тIубазабулел», - абун.

 

Аманат абураб жоялъ щвей гьабула дунялалъулги ахираталъулги ишазде. Жибго аманат абураб жо тIадал ишал тIуразари ва гьелда тIадчIей гьаби буго.

Бусурбанчияс щивасе жиндир хIакъ кьола, гIибадат гьабиялъулъ Аллагьасул ﷻ  хIакъал тIуразарула, хIарамалдаса лугбалги цIунула.

ГIадамазул хIакъ тIубай ва аманат тIубазаби Исламалъул тIабигIатаздаса бищун кIудияб ва гьелъул кьучIлъун буго. Гьеб буго Аллагьас ﷻ  зобал-ракьал, мугIрул-щобазде тIаде босиялдалъун бакка-бахъи гьабидал гьезги тIаде босичIеб, инсанас къабул гьабураб, парзлъун жибги кколеб гIамал.

Гьеб тIубазабиялдалъун Аллагьас ﷻ  нилъеда амру гьабуна сурату-Нисаалъул 58-абилеб аяталда: «Аллагьас ﷻ  нужеда амру гьабулеб буго аманат гьабураб жо гьелъул агьлуялъе тIубазабе», - ян.

ГьитIинаб къоялдасаго аварагас ﷺ гьелдалъун сипат ккуна. Къурайшиязда гьоркьов «ритIухъав амин» абун тIокIцIаралдалъунги машгьурлъана. Авараглъун ﷺ витIун хадуб тушманлъун жидеца гьев ккуниги, гьез гьесдаса гьеб сипат тIаса инабичIо.

Аманат тIубазаби Аварагас ﷺ бихьизабуна гьеб чиясул иманалъе ва берцинаб тIабигIаталъе далиллъун букIинлъунги.

 

ХIабиб МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...