Аслияб гьумералде

Дажалидаса тIури

Дажалидаса тIури

Дажалидаса тIури

Дунялалъул рукъ буго бусурбанчиясе хIалбихьиялъул бакI. Гьебги букIуна лъикIабгун квешалдалъун. Гьединлъидал, лъикIлъи яги квешлъи тIаде щведал гьезухъ щукруялдалъунги цIуниялдалъун русине ккола ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ. Гьелъие нилъее мисалиявги вуго живго Авараг ﷺ. Гьев ﷺ вукIана киналъулъго Гьесде ﷻ таваккалав, хасго какилъ.

 

Бицен гьабила Аварагас ﷺ цIуни гьарулеб букIараб ункъгоялъул. Абу-Гьурайратидаса бицараб хIадисалда абулеб буго: «Ташагьуд (ат-тахIият) цIалун хадуб нужер щивав вусса абе Аллагьасдехун ункъго жоялдаса цIуни гьарун, жинцаги абун: «Аллагьумма инни агIузу бика мин гIазаби жагьаннам, ва мин гIазабил къабри, ва мин фитнатил махIя вал мамати ва мин шарри фитнатил масихIи д-дажал», - абун (Муслим).

Гьениб рехсараб кинниги, нилъее рекъараб буго цIуни гьаризе: жужахIалъул гIазабалдаса, хабалъ гIакъуба гьабиялдаса, чIаголъигун хвалил питнаялдаса ва дажалил питнаялъулги квешлъиялдаса.

ЖужахIалъул гIазаб абуни, гьелъул хIакъалъул Къуръаналдаги гIемер рехсон буго. Гьеб буго гIаси-пасикъазе хIадур гьабураб, кутакаб, хIехьезеяли киб бажарулеб бицунаго чиясул ракI черх тамах гьабулеб гIазаб. ЖужахIалда гIакъуба гьаби капуразе букIине буго абадияб, бусурбабазе абуни гьезул мунагьал хал гьарун тамихIги гьабун лъугIулеб буго. Гьелъ буго цIуни гьаризе кколеб жужахIалде ккеялдаса ва гьенире рачунеб гIамалалдаса.

Хабалъ гIакъуба гьаби, хварав чиясе гьеб буго ялъуни Алжаналъул ах яги жужахIалъул донкIо. Кинаб хварасе щвелеб абуни, гьеб бараб буго чIаго вукIаго инсанасул букIараб гIумру-яшавалда. Аварагас ﷺ абуна: «Хабалъ гIакъуба гьабиялдаса цIуни гьарун кIанцIе Аллагьасде . Хабалъ гIакъуба хIакъаб жо буго!», - абун.

ЧIаголъигун хвалил питна абуни, гьаб жинде нилъ риччараб ракь буго хIалбихьиялгун лазатал жалазул цIураб бакI. Гьанисан ине вуго щивав чи. Амма ине ккола Аллагьасул ﷻ шаригIаталъ бихьизабухъе, дунялалъ махсароде кквезе чIечIого. Махсароде кквейги букIуна цо кинаб бугониги лъикIаб гуреб хIалалде ккедал чIвачIвадун, зигардун, рахIат хун чIезе кIолареб хIал лъугьиндал. ТIаде-гъоркье балагь-къварилъи бачIунарев ва гьелъ рахIатбахъи гьабуларев чи вукIунаро амма рукIине бегьуларо гьеб хIалалъ лагълъиялде рачараллъун. Цинги, гьединаб хIалалде живго ккезе чIарасде абула напсалъул лагъилан. Лагълъунги ккола, гIадатияб гIумруялда вугеб заманалъ напс ва черх лазатазде ругьунлъун бокьа-бокьахъе биччан тедал. ЗахIмалъабазулъги лъикIлъабазулъги цо хIал букIунев абуни, гьев вуго унго-унгояв Аллагьасул ﷻ лагъ. Гьеб буго чIаголъиялъулаб питна.

Хвалилаб питна абуни, гьеб буго ГIизраил малаикас рухI босулелъул ахирисел хIухьелазулъ шайтIан иблисалъ гукки, битIараб нухдаса гьеб параялъулъ къосун ккей. Гьеб лахIзаталда кьола иблисалъ бищун къуватаб жигар муъминчи къосун ккезавизеги. Гьеб параялда витIун ккарав абадияб талихIалда квершел батарав вуго. Аварагас ﷺ абун буго: «Хвалда цебе жиндир ахирисеб рагIи «ла илагьа илла Ллагь» буголъарав Алжаналде лъугьуна», - ян (Тирмизи). Машгьураб рагIи буго чи холин жинца гIумру гьабулеб букIараб жоялда абун, гьелъ пикру гьабизе ккола жиндир гIумру-яшавалъул щиб пиша гьабулевлъун жив вугев абун.

Дажалил питна, гьеб букIине буго дунялалда лъугьаразул бищун кIудияб. Гьелдаса цIуни гьареян малъулеб букIараб буго цогидал аварагзабазгицин жидеда нахърилъаразда. Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсараб кинниги дажалица, жинда хадур гIадамал рилъинелъун, бицине буго батIи-батIияб хабар ва къотIи гьабизе буго гьабги добги букIинабилин. Гьесул къотIаби тIуразеги руго. Гьесул кодоб гамачI месед-гIарацалде сверизе буго. ГIадамал чIаго гьаризе кIолеб гьунарги кьун букIине буго Аллагьас ﷻ гьесухъе. Бичасул Аварагас ﷺ абун буго: «Дажал вахъун вугин рагIарав чи гьесдаса лъуте», - абун. «Аллагьасул цIаралдалъун гьедула, дажалихъе вачIани жив муъминчийин вугев чи, гьес рихьизарурал гъира базабулел жал рихьун хадув гьев дажалида хадув вилъине вуго», - абун (АхIмад).

Аллагьас ﷻ цIунеги гьел питна балагь-къварилъабаздаса. Гьес ﷻ кумек гьабеги щивасе хIакъаб нух ккун, Гьесул ﷻ разилъи щоледухъ гIумру тIамун, Алжаналда квершел батулеб гIамалалъе! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...