Берцинлъи гьаби
Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.
Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ нигIматлъун кьурал, нилъеца гьелъие щукруги гьабизе ккола Аллагьасе.
Аллагьас хIалтIизаризе хIарам гьарурал жалаздасан ккола месед-гIарцул алатал. Гьел хIалтIизаризеги ва гьединго рокъор цIунизеги хIарамаб буго. Аварагас ﷺ хIадисалдаги абулеб буго: «Щив чи вугониги жинца щиб букIаниги гьекъон месед-гIарцул тIагIелалда жаниса, гьев чиясул чехьалда жаниб жужахIалъул цIа гьалдезе гьабула», - ян
Гьединго хIарамаб буго меседалъул рукъи бараб алат хIалтIизабизеги, кигIан гьитIинаб рукъи батаниги.
ТIад меседил хъал биччараб алат бегьула хIалтIизабизе, гьеб батани дагьаб ва цIаялде тIаде ккураб мехалъ гьелдаса щибго жо батIалъун бачIунеб батичIони. Амма тIад биччараб месед гIемер батани, гьеб бегьуларо хIалтIизабизе ва гьединго рокъоб лъезеги.
Месед-гIарац гуреб, масала, жавгьар-якъут гIадаб жоялъул алатал бегьула хIалтIизаризе ва рокъор лъезе.
Аллагьас нилъее хIарам гьарурал жалазулъ букIуна хассал хIикматал. Гьел нилъее баян гьаричIониги, нилъеда тIадабги букIуна Аллагьасул амруялда нахърилълъун, хIарам гьарурал жал гьаричIого тезе. Гьединалго хIикматал руго месед-гIарцул алатал нилъее гьукъиялда жанибги. Гьел хIикматаздасан ккола: тIадегIанав Аллагьас гIарац-месед гьабуна, гIадамазе бигьалъи букIине дунялалъул магIишат-яшав гьабизе. Гьелъие гIоло гьукъана гьеб хIалтIизабизеги жиндир бакI гуреб бакIалда, ай тIагIелалги гьарун гьел хIалтIизариялдасаги ва гьединго рокъор лъун берцинлъиялъе цIуниялдасаги.
КIиабилеб, гьел хIалтIизариялда жаниб буго мискин-пакъиразул ракI хвезаби.
Гьединго гьеб хIарам гьабун буго капурзабаздехун релълъенлъи гьаби букIиналъе гIоло гIарац-меседалъул тIагIалаби хIалтIизариялда жаниб. Аварагасги ﷺ абулеб буго гьеб дунялалда гьезие букIине бугила ва амма ахираталда бусурбабазе букIине бугила.
Кинниги гIарац-меседалъул гьарурал жал хIалтIизаризе бегьулел бакIалги руго. Гьездасан ккола руччабазе ихтияр букIин гIарац-меседалъул баргъич-курхьен гIадал жал хIалтIизаризе берцинлъиялъе, гьоркьохъеб, исрап кколереб къагIидаялда бугони. Аварагас ﷺ хIадисалдаги абулеб буго: «Дир умматалъул бихьиназе хIарам гьабуна дарайги меседги, амма гьеб руччабазе хIалал гьабуна пайда босизе», - ян.
Гьединго бегьула бихьиназе гIарцул баргъич хIалтIизабизеги. ХIатта Аварагасулгицин ﷺ букIанин абула гIарцул баргъич. Амма меседил баргъич гьукъараб буго бихьиназе хIалтIизабизе.
Месед-гIарац хIалтIизабизе бегьула рес къотIараб бакIалде ккун батани. Масала, цаби-гIусал лъезе, гьелде хIажат батани.
ХIарир (дарай) ретIиналъул хIукму
Бихьиназе ретIине ва хIалтIизабизе хIарамаб буго хIариралъул гьабураб ретIел яги гъоркь-тIад лъолеб жо букIаниги, гьединго къадада бигъунеб жо бугониги, батIалъи гьечIого. Амма гьеб кинабго хIалалаб буго руччабазе пайда босизе. Бихьиназе гьукъиялъе хIикматги ккола, гьеб хIалтIизабиялда жаниб букIуна руччабаздехун релълъенлъи гьаби, бихьинчиясул сипаталдаса рикIкIалъи. Аллагьас бихьинчи вижун гьечIо месед-дараялдалъун къачIадизеги ва руччабазул бугеб гIамал загьир гьабизеги. Бихьинчи вижун вуго захIмалъи баччизеги ва гьелде сабру гьабизеги.
Амма цо-цо бакI буго хIарир бихьиназеги хIалтIизабизе ихтияр кьураб. Гьебги букIуна чара гьечIеб бакIалде ккедал. Гьединго даруялъеги бегьула хIалтIизабизе.
ХIарир батани жиб цоги ххамгун жубараб, масала, цIикIкIарасеб къадар дараялъул батани - бегьуларо бихьиназе, дагьаб къадар батани - бегьула пайда босизе.
Рас белъин
ХIарамаб буго руччабазеги бихьиназеги бетIералъулги магжилги рас белъине чIегIераб кьералъ. Амма цоги кьераздалъун белъине гьукъараб гьечIо. Гьеб хIарамаб букIиналъе гIиллаги буго, гьелъ хIакъикъаталда бугеб жо хисизабулеб букIин. ЧIегIераб кьералъ инсан гIолохъан гьавула, руччаби-бихьинал батIалъи гьечIого, ва гьелдалъул гIадамалги гуккула. Гьебги буго хIарамал жалаздасан.
Гьединго хIарамаб буго жиндирго расалда цоги рас хурхинабизеги. Берцинлъиялъе гIоло яги цоги мурадалъе гIоло батаниги, батIалъи гьечIо.
Руччабазе гьумер къачIазеги, малъал релъинеги бегьула росасул ихтияр бугони. Ихтияр гьечIони - гьукъараб буго.
Нилъеда бихьулеб ва лъалеб буго хIарам гьабурабги, хIалал гьабурабги. Кинниги бусурбабазда гъорлъги руго гьелъухъ балагьичIого жидеца хIарам гьарурал жалаздаса пайда босулел. Гьелда жанибги кIудияб хIинкъи букIуна гьединал гIадамазе, гьез Аллагьасул амру халгьабичIого теялдалъун. Аллагьас гьединал гIадамазе къиямасеб къоялъ цIакъ кутакаб хIинкъиги кьолеб буго гIазаб гьабиялдалъун.