Аслияб гьумералде

ТIехь цIали тоге

ТIехь цIали тоге

Жакъа гIадамал машгъуллъун руго телевизоралде, телефоназде, компьютеразде. Амма тIахьал цIалиялъе заман кьолеб гьечIо, гьезул кIварги гьабулеб гьечIо.

ХIафиз ибн ХIажарица хIадисазул «СахIихI аль-Бухари» тIехь цIалана 40 сагIаталда жаниб (салул сагIат). Имам Муслимица хIадисазул тIехь лъугIизабуна кIиго-лъабго къоялда жаниб. Кинаб цебетIей букIине нилъер, кIул рехун тедал? КIул гьечIони кавуги рагьизе кIоларелъул.

Рехсела тIехь цIалиялдаса бугеб 8 пайда

1. Пикру цебетIезабула.

ТIехь цIалулеб мехалъ нилъеца гIемер пикру гьабула хъвараб жо бичIчIизелъун.

2. Ццим бахъин, ургъел дагь гьабула.

Жакъа кинавго чи вуго ургъалилъ къан, ццидалъ. ТIехьалъ ва хъвай-хъвагIаялъул къагIиядалъ кумек гьабула чиясе ургъел ва ццим нахъе босизе. Хасго кумек гьабула вегилалде цебе щиб букIаниги цIалани.

3. РагIабазул рикIкIен цIикIкIинабула.

Нилъеца кинаб букIаниги тIехь цIалидал, нилъеда дандчIвала лъаларелги рагIаби. Гьеб мехалда раккула словаралде. Цо-цо пирку гьабуни ва бицунеб жоялъул халгьабуни, лъазе рес букIуна доб рагIиялъ кинаб магIна кьолебали. ТIехь цIалиялъ рагIабазул рикIкIен цIикIкIинаби гуребги, хъвалеб къагIидаги мухIкан гьабула.

4. Альцгеймерил унтиялдаса цIунула.

ГIалимзабаз гьабураб цIехрехалъ чIезабуна цIалдеялъ чи гIадал нахулъ унти ккеялдаса цIунулевлъи. ТIехь цIалулеб мехалда гIадалнах хIалтIулелъул, гьелъ унтиги ккезе биччалеб гьечIо.

5. Бажари бачIинабула.

ТIахьал цIалиялъ нилъелъ бажари цIикIкIуна, кIалъай берцинаб, рагIа-ракьанде щвараб букIуна.

6. ЦIиял пикраби гьаризе кIола.

Цо-цоязда кIола цадахъ чанго пикру загьир гьабизе. Кисаха гьез гьеб босулеб? Гьайгьай, тIахьаздаса.

7. Макьу лъикIаб щола.

Кьижилалде цебе тIехь цIали гIадатлъун билълъанхъизабуни, гьелде нилъ ругьунлъула. Гьеб букIуна кьижизе заман щванин абун лъазабулеб сигнал. Гьедин гьабуни лъикIаб куцалда кьижизеги кIола, радал рахъиндал тирхакIичиялдаги ратула.

8. ГIадалнах лъикI хIалтIизабула.

ТIехь цIалулелъул цебечIола гIемераб жо: лъугьа-бахъин, авлахъ, рукъзал, ретIел, гIадамал ва сверухъ бугебщинаб. ТIехьалда жаниб бугеб бичIчIизе ккани къваригIуна гIемераб жо. ЦIалдеялъ абуни нилъер ракIалда жо чIей цIикIкIинабула ва бичIчIи хIалтIизабула.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...