Аслияб гьумералде

Чорхол сахлъи иманалъулъ буго

Чорхол сахлъи иманалъулъ буго

Жакъа нилъеда бихьулеб буго кин нилъ дунялалъул пахрулъиялъги гуккун, гьелда хадур рекеризарулел ругелали. Амма Аллагь рекIелъ цIунизе ккола. Ихлас цIуниялъе буго Аллагь рехсей.

СШАялъул миллияб сахлъи цIуниялъул институталъул тохтур Дэвид Ларсонил бетIерлъиялда гъоркь кардиологаз гьабулеб букIараб медицинаялъул статистикаялъул хIасилалъ бихьизабуна Аллагьасда божулел гIадамазул рекIел унти лъабкъого проценталъ дагь букIин, божуларезда дандеккун.

Халкъазда гьоркьосеб медицинаялъул «Психиатрия в медицине» абураб журналалда хъвалеб буго Аллагьасда божуларел гIадамал кIиго нухалъ цIикIкIун унтулел ругин батIи-батIиял унтабаз. Психологаз чIезабуна Аллагьасда иман лъурал гIадамазул чорхол сахлъи щулияб букIунин, ай кинабго Аллагьасде тIамун толеб букIиналъ.

Гарвардалъул университеталъул тохтур Герберт Бенсоница Аллагьасда божиялдаги чиясул физиологияб сахлъиялъулги кинаб гьоркьоблъи бугебали гьабураб хIалбихьиялъ гIажаибаб хIасил кьуна. Живго атеист вугониги, Бенсоница хъвалеб буго: «Аллагьасда иман лъеялъги диналъул хIукъукъал цIуниялъги чиясул чорхолъ гIажаибаб, цогидалда дандеккун бажарулареб хIасил кьолеб буго. Аллагьасда божи гуреб, цогидаб жоялда божиялъ чиясул рекIееги гIакълуялъеги гьединаб хIасил кьоларо», - ян.

Бенсоница чIезабуна чиясул гIакълуги черхги Аллагьасда божи къабул гьабулеб, цо хасаб куцалъ гIуцIун букIин. Ахирги гьаб хIасилалде рачIунел руго медицинаялъул ва психологиялъул гIелмаби. Амма гьеб хIужа азаралда ункънусго соналъ цебего Къуръаналъ рагьун букIи гьечIищ хIикмалъи.

ТIадегIанав Аллагьас «Ар-РагIд» сураялъул къоло микьабилеб аяталда буго (магIна): «Жидеца иман лъурал чагIи, гьезул ракIалги гIодоре риччала Аллагь рехсон, гьев ракIалде щвеялдалъун», - абун.

ПалхIасил, Аллагьасда иманги лъурав, диналъул хIукъукъалги цIунулев, Аллагьги рекIелъ цIунун гIибадатги гьабулев чиясул чорхолъ гIажаибаб къуватги, сахлъиги, парахалъиги, тавакалги, гIибадаталда гIумру тIамизе гъирашавкъги бижулеб буго. Амма Аллагьасда иман лъечIел гIадамазул абуни, гIумруялдаса ракIбуссин, ракI бечIай, чIалгIен, гIумру гьабиялъул магIна бихьунгутIи гурони бижулеб гьечIо.

МУХТАРАХIМАД МУХIАММАДОВ

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Балагьаздалъун хIалбихьи

ХIурматиял бусурбаби, гьаб гIагараб заманалда нилъер Дагъистаналъул бакI-бакIазде бачIана ракIалдаго букIинчIеб къварилъи. Гьелъие сабабалъунги ккана бараб чваххунцIад. Гьелъул хIасилалда Дагъистаналъул тахшагьар МахIачхъалаялда, Хасавюрт районалъул росабалъ ва цогидал бакIазда лъим рукъзабахъе...


Гъоркье валагье

ТӀадегӀанав Аллагьас дунял бижана къануназда ва къагӀидабазда рекъон. Нилъеда сверухъ бугебщинаб жо низамалда букӀуна: заманал хисула, планетаби хьвадула, гьел системабазул цонигиял жидецаго чӀезарурал гӀорхъабаздаса къватIиреги кколаро.   Амма тӀабигӀаталда къанунал рукӀунел гӀадин,...


Балагь-къварилъи

Бусурбанчиясе, тIаде рачIунел тIабигIиял балагьал, букIа гьеб ракь багъари, гьурал рахъин, гIаммал унтаби, лъим кIанцIи ва цогидалги, гьеб буго бечедав-мискинав абун течIого, щивав чи кумек, хвасарлъи тIалаб гьабун къватIиве вахъунеб заман. Гьеб хIалалъулъ чияда ракIалде щола дунял тIаса ине,...


ГIелмиябгун практикияб конференция

«Консолидированные стратегии лечения ожирения. Мультидисциплинарный подход: от хирургии до реабилитации» абураб цIаралда гъоркь МахIачахъалаялда тIобитIана гIелмиябгун практикияб конференция. Гьелда гIахьаллъи гьабуна нилъер республикаялъул тахшагьаралъул №3 клиникияб больницаялъул...


Дагъистаниязде хитIаб

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал, Дагъистаналда бараб чвахунцIадалъ гьабураб къварилъи нилъее ккола иргадулаб хIалбихьилъун.   ТIоцебесеб иргаялда, гIезегIан чи махIрумлъана мина-карталдаса ва магIишаталдаса. Гьайгьай, гьебги ккола тIаде тIамураб хIалбихьилъун. КIиабизе, тIабигIияб...