Аслияб гьумералде

Риидалил нигIмат – хъарпуз

Риидалил нигIмат – хъарпуз

Аллагьас халкъалъе кьурал нигIматал рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемер руго. Гьезул цояб ккола хъарпуз. Гьелъул ватIан ккола югалъулаб Африка. Севералъулаб Африкаялда, гьединго Египеталда гьеб бижизабизе байбихьана 4-5 азарго соналъ цебе. Гьелъие нугIлъи гьабула тарихчагIаз гьарурал цIех-рехаз.

Хъарпуз машгьураб букIун буго гIарабазул бащдаб чIинкIиллъиялдаги. Ислам бачIиналдего гьез рикIкIкунеб букIун буго хъарпузалъ черх унтабаздаса бацIцIад гьабулин кванда цебе кидаго хIалтIизабулеб бугони.

Бичасул аварагасул заманалдаги хIалтIизабулеб букIун буго гIарабаз хъарпуз. Гьелъул хIакъалъулъ рачIарал хIадисазда буго: «ГIаишатица бицанин, Бичасул аварагас хъарпуз-пастIан кунаан гIатIгояб чамасдакгун.

Гьесги абулаан, цоялъул бакъвай цогиялъул риччелалдалъун ва цогидалъул бухIи гьаб цоялъул цIороялдалъун бащад гьабулин», - абун. Абу Давудица бицараб хIадисалда буго: «Бичасул аварагас хъарпуз кунаан гIолохъанаб, ай гьанже тIураб чамасдакгун», - ян.

Пайдаби

Хъарпузалъулъ 90 процент буго лъел. Гьелда гъорлъ беэнлъи гьезего гьечIо, белокги цIакъго дагьаб буго, гIемерисел углеводал руго гьелъулъ. ХIалакълъизе бокьарав чиясе рекъон кколеб тIагIам ккола гьеб. Хъарпузалъул ччобориялда жаниб буго клетчатка, пектинал, гемицелюлоза, витамин В1, В2, С, РР, провитамин А, ва каротин. Жеги гьелъулъ руго пайдаял микроэлементал: марганец, никель, железо, магний, ва калий. Хъарпуз бечедаб буго органикиял кислотабаздалъунги, гьез квен бихIинабула.

Тамахаб ва лъимхIалаб букIиналъ гьеб рикIкIуна кIущ хехлъизабулеблъун. РакIалъул хIалтIуда гъараз ккеялдалъун гьорой баккани, гьеб кванаялъ гьор чучизабула. Ургьисалаби рацIцIад гьарулеб тIагIамлъунги рикIкIуна гьеб. ХIатта буго гьелдалъун гьабулеб хасаб диета, ургьисалабаздаса сали ва гамачI нахъе инабиялъе гIуцIараб. Хъарпуз пайдаяб буго склероз, подагра, гипертония, артрит гIадал унтаби ругезе.

Гьелъул клетчаткаялъ къаркъала щула гьабула ва чорхолъа холестерин инабула. Хъарпузалъ лъикIго къеч хьвазабула ва чорхолъа загьруял жал къватIире рачахъула. Хъарпузалда гъорлъ бугеб каротиналъ кумек гьабула чорходе хIал ккаразе, психоэмоционалниял тIадецуял бигьа гьариялъе ва стрессалде данде къеркьеялъе.

Хъарпуз пайдаяб буго ригьалде рахарал гIадамазеги, гьеб кванаялъ Паркинсонил унтудаса цIуниялъе кумек гьабула. Хъарпуз пайдаяб буго лъимаде ругел руччабазеги. Хирияб хIадисалда буго: «Лъимаде йигей гIаданалъ хъарпуз кванани, гьелъул лъимер берцинаб ва тIабигIат лъикIаб лъугьина», - ян.

Гьелъие нугIлъи гьабула гьанжесеб медицинаялъул хIалбихьиязул хIасилазги. Медицинаялъ чIезабун буго хъарпузалъулъ гьарзаго бугеб фолиевая кислота, железо, В группаялъул витаминаз ургьиб бугеб лъимер берцинго гIеялъе кIудияб кумек гьабулин абун. Хъарпуз пайдаяб буго лъимер хахулей чIужугIаданалъеги.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...