Аслияб гьумералде

Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.

 

Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ кумек гьабула почкабазда цо-цо тайпаялъул ганчIал лъугьин дагьлъизабизе. Учёныяз гьарурал цIех-рехаздаса кьолеб буго лимоналъул лъим гьоркьоса къотIичIого гьекъеялъ лъикIаб асар гьабулин почкабазул сахлъиялъего абун.

Витаминазул ва минералазул къадар цIикIараб букIиналъ, лимоналъул лъим лъикIаблъун бихьизабураб буго гIаммаб къагIидалда хIалтIизабизе.

Гьединго лимоналъул лъим бечедаб буго чорхолъ бищунго кIвар бугеб антиоксидантазул цояб С витаминалъги. С витаминалъ кумек гьабула эркенал радикалазул заралиял асаралдаса клеткаби цIунизе, иммунияб система лъикI хIалтIизабизе, бидурихьалги щулалъизаризе.

РакIедагун лугбузда батIи-батIиял унтаби ккеялъул хIинкъабиги дагьлъизарула. Квачалда дандечIеялъеги квербакъула.

Лимоналъул лълъел цоги кIвар бугеб пайда ккола квен бигьинаби. Радалиса хинаб лълъимгун жубан гьеб гьекъеялъ кумек гьабула кванирукъалъулгун бакьазул нухал лъикI хIалтIизаризе, квен бигьаго къватIибе хъамизе ва запорал дагьлъизаризе. Жеги гьелъ кумек гьабула кванирукъалъул хIалтIи зарал ккеялдаса цIунизе ва метаболизм лъикIлъизабизе.

Гьединлъидал, гIемер экспертаз лъикIаблъун бихьизабула къо цIияб лимон цо стакан лълъимгун жубан гьекъон байбихьизе.

Лимоналъул лълъел буго бигьаго кIуш хъамиялъеги асар. Гьелъ кумек гьабула кIуш хьвадулеб нухал рацIцIад гьаризе. Заралиял бактерияби лъугьине тунгутIизе.

Лимоналда гъорлъ буго нервабазул гIуцIиялъул ва ракIалъул хIалтIиялъулъ кIудияб бакI кколеб минералалъул калий. Калиялъ кумек гьабула бидул тIадецуй гIадатияб хIалалда чIезабизе, стресс дагьлъизабизе, макьил низам лъикIлъизабизе.

Пайдаял хаслъаби рукIаниги, лимоналъул лъеца зарал гьабизеги бегьула. Кислота гIемераблъун букIиналъ, квешаб асар гьабизе бегьула цаби-гIусазул эмалалъе. Кванирукъалда унтаби ругезги цIодорлъи гьабизе ккола.

 

Хайрула Абакаров

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...