Аслияб гьумералде

Нужеца Аллагь гIемер рехсе

Нужеца Аллагь гIемер рехсе

Нужеца Аллагь гIемер рехсе

ХIурматиял казият цIалулел, дунялалде гIадамал ритIиялдаса бугеб аслияб мурад буго гьез БетIергьанасе гIибадат гьаби. ТIагIатазул бищунго хирияздасан ккола зикру бачин, Аллагь рехсей. Хирияб Къуръаналда буго: «Ва, гьал иман лъурал гIадамал, нужеца Аллагь гIемер рехсе», - ян.

 

Гьелъул хиралъиялъул хIакъалъулъ имам Бухарияс бицараб хIадисалда, жинда свалат-салам лъеяв Бичасул аварагас абун буго: «Дица нужее бицинищ нужер гIамалазул бищунго лъикIаб, нужер БетIергьанасда цебеги бищунго бацIцIадаб, нужер даражаби рорхиялъулъги бищунго тIадегIанаб, месед-гIарац садакъаде кьеялдасаги хирияб, тушмангунги дандчIван, гьесул горбода нужеца яги нужер горбода гьес жо кьабиялдасаги хирияб гIамал щибали? Гьеб буго Аллагь рехсей», - ян.

Жакъа телефоназде жанире лъугьиналъ нилъеда тIубанго кIочонеб буго Аллагь рехсезе. Зикру гьабиялъе бищунго лъикIаб къагIидаги буго хIакъикъияв устарасул тарбияталде гъоркьеги лъугьун, зикру бачунеб къагIида лъазаби. Гьедин гьабураб зикру нургун бугеб букIунин хъвалеб буго тасаввуфалъул тIахьазда.

Гьанир нилъеца рехсела зикру бачиналъул ругел пайдаби:

– ШайтIан тIуризабе, къинаби ва гьелъул мугъ бекизаби.

– ТIадегIанав Аллагь рази гьави.

– РекIелъа ургъел нахъе инаби.

– РекIее гIатIилъи бачIинаби.

– Гьурмадагун рекIеда нур базаби.

– Ризкъи тIаде цIай.

– Черхгун ракI щула гьаби.

– Зикру бачунесе гьайбат, берцинлъи ва гьесдехун гьуинлъи бачIинаби.

– Исламалъул рухIлъун бугеб рокьи гьесулъе бачIинаби.

– Макъамул ихIсанлъун бугеб Аллагьасдехун муракъабат бачIинаби.

– ТIубанго Аллагьасдехун вуссин щвезаби.

– Аллагьасде гIагарлъи щвезаби.

– Аллагь лъаялъул нуцIбузул кIудияб рагьу рагьи.

– Аллагьас гьев рехсей бачIинаби. Къуръаналда буго: «Нужеца Дун рехсе, Дица нужги рехсела», - ян.

– Аллагьасул гьайбат лъазаби.

– РекIел нич бачIинаби.

– Мунагьазул кьавуялдаса ракI бацIцIад гьаби.

– Мунагьал чури. ХIасанатазул бищунго кIудияб гьеб бугелъул, гьелъ мунагьалги чурулелъул.

– Аллагьасдаги лагъасдаги гьоркьоб бугеб пардав инаби.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...