Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

ГIанкI

 

ГӀемерисез гIанкI рикIкIуна хIинкъараб рухIчIаголъи-лъун. Амма гьеб буго кутакалда сихIираб ва бекеризе гьунар бугеб.

 

Заман бихьун гьелда кIола тIомол расул кьер хисизеги. Кьер хисиялъ кумек гьабула бахчизе. Гьеб бекерула 70-80 километрги сагIтие тун. Амма борчIизе рес гьечIеб бакIалде ккедал, жинцагоги гьужум гьабула нахъисел бохдуз кьабиги щвезабун. Гьезда кIола 3-4 метралъул манзилалъ кIанцIизеги. Бекерулеб мехалда, добе-гьанибе кIанцIун, хадуб лъугьараб жанаварги мекъи ккезабула. Амма, цересел хIатIал къокъал рукIиналъ, гьезда кIоларо тIаса гъоркье рекеризе. Гьединаб бакIалде ккедал, гьорчо гIадин гибигизе биччала.

Гьез гIумру гьабула жалго жидедаго чIун. Данделъула тIинчI бахъулеб заманалда. Гьезул букIунаро цо ккураб бакIги. Рукъалъул гIанкIазин абуни гьабула къукъабиккун гIумру.

Аслияб къагIидаялда гьел къватIире рахъуна сардилъ, къад къоялъ рукIуна рахчун.

Хинаб заманалда гьез кванала хер, тIанхал, хъарсула гъутIби. Хасало рукъула тIеренал гъаркьалаби, кьалбал ва кванала хьонал.

Гьел рикIкIуна гIемерал тIанчIи гьарулеллъун. ЛъагIалида жаниб гьабула 3-4 нухалъ ва щибаб нухалда 3-8 тIинчI. ТIанчIи гьарулеллъул гьел рукIуна кьурдулел ругел гIадин кIанцIелел, рекерахъдулел.

ГIумру гьабула 4-8 соналъ. Гьезул буго 30-гIанасеб тайпаги.

Ракьулъ гIумру гьабулелъул гьез рухъула чанго батIияб бакIалдаса къватIибе нух бугел кIартIал. Жанавараздаса цIунизе гIажаибал нухал жанисанги гьарула.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...