Аслияб гьумералде

Вас гьавизе бокьани…

Вас гьавизе бокьани…

Вас гьавизе бокьани…

Лъимада лъолеб цIаралде исламалъ кIудияб кIвар кьола. ЦIар букIине ккола къадруяб, лъикIаб магIна бугеб, исламалъул къануназда рекъараб.

 

Имам Маъвардияс абун буго: «Лъимер гьабидал, эбел-инсул рахъалдасан гьелдехун бугеб бищун цебесеб тIадегIанлъи ва цIоблъун ккола лъикIаб цIар халгьаби. Щайин абуни, чиясда жиндирго цIар тIоцебесеб нухалъ рагIулелъул, лъикIаб цIаралъулги къадруяб бакI буго рухIазулъ. («НасихIатул мулук»)

Беццараб буго лъимада исламалъул церехъаби, имамзаби, вализаби гIадал лъикIал чагIазул цIарал лъезе.

Кин ккун батаниги, лъун бугони лъимада рекъараб гуреб цIар, гIураб къоялъги хисизе бегьула. ГIаишатидаса бицун имам Тирмизияс рехсолеб буго аварагас ﷺ асхIабзабазда лъикIал гурел цIарал хисулел рукIанин абун. ГIумарил васас бицун буго жидер яцалда букIанин ГIасият (гIенеккуларей, мутIигIлъуларей абураб магIна) абураб цIар. Аварагас ﷺ гьелда цIар Жамилат (берцинай) абуни хисанин.

Абу-Дардаидаса бицараб хIадисалда буго: «ТIаде рахъинарулеб Къиямасеб къоялъ нуж ахIизе руго нужер ва нужер инсул цIараздалъун. Гьелъ, (лъимада цIар лъолелъул) тIаса бище лъикIаб цIар», - абун. (Абу-Давуд)

Суннатаблъун рикIкIуна васазда лъолел цIаразда «гIабд» (лагъ) абураб рагIи цебе хурхинабун, Аллагьасул ﷻ цIаразда бухьен бугеб тIаса бищизе. Гьединал тIадегIанал цIараздасан рикIуна: ГIабдуллагь, ГIабдурахIман, ГIабдурахIим, ГIабдулмалик, ГIабдулкъадир гIадал. Аварагас ﷺ абунин ибну ГIумарица бицун буго: «Аллагьасе рокьулел цIаразул бищун лъикIал – ГIабдуллагь ва ГIабдурахIман руго», - ян. (Муслим)

Эбел-инсуе бокьула жидер цIар, наслу цIунулел лъимал нахъе тезе. Яс йиго баракат, дунял-ахираталда эбел-инсул берзул канлъи. Щиб абуниги, гьелдаго цадахъ, инсуе бокьула жиндир наслу хадуб бачунев вас вукIинеги. Амма чанги чагIи рукIуна кIиго-лъабго ясги гьаюн, БетIергьанас цогIаги вас кьелародаян абураб хьулалда.

Гьелъие буго, гIемер чагIаз хIалги бихьун баянлъараб цо балъголъи. Гьебги ккола, лъимер гьабизе бугеб мехалъ вас гьавуни, гьелда аварагасул ﷺ цIар лъезе къотIи гьаби. ХIадисалда буго: «Хъизаналъул ургьиб бугеб лъимер бихьинаб жинсалъул букIине бокьарас гьелъул чахьалда тIад кверги лъун абе: «Гьаб лъимер бихьинаб лъугьани, дица гьалда цIар МухIаммад абун тела», - ян. Цинги гьесие лъимер, ай вас гьавила», - ян.

Цогидаб риваяталда буго лъимер ясалъул жинсалъул букIун батаниги, гьедин гьабурасул лъимер Аллагьас ﷻ бихьинаблъун сверизабулин абун. Гьаб хIадис бицаразда гьоркьор рукIазул цояс бицун буго, хъизан лъимер гьабизе йигеб мехалъ жинца гьедин гьабунин ва анкьго нухалъ тIатIала жиндие васалги гьарунин абун.

ХIадисалда буго, гьарурал васал чIаго хутIулел гьечIев инсуца, БетIергьан Аллагьасе ﷻ рагIи кьуни цоги нухалъ вас гьавуни гьесда аварагасул ﷺ цIар лъелин абун, цинги вас гьавидал гьеб цIарги лъуни, гьесул вас чIаго хутIилин абун.

Аварагасул ﷺ цIар жидеда лъурал чагIазе дунялалъул рокъоб гуребги ахираталдаги буго гьелдаса кумек. Имам Маликица бицун буго, жинда рагIанила Мадинаялъул гIадамаз абулеб, цониги хъизан гьечIин жидер гьаниб МухIаммад абураб цIар рокъор ругезда лъурал, баракат бугеллъун ва гьарзаго рахIматал рещтIараллъун жал рукIун гурониян. Гьаб буго дунялалъул рокъоб Аллагьас ﷻ гьезие гьабураб. Ахираталъул рокъоб бугеб абуни, хIадисазда буго: «Вас гьавурав чияс, дидехун бугеб рокьиялъ ва баракат щвеялъул хьулалда гьесда МухIаммад абураб цIар лъуни, гьев ва гьесул вас Алжаналде ккела», - абун. «Дир БетIергьанас абуна: «Жиндир тIадегIанлъиялдалъун гьедула, дур цIар лъурав щив чи вугониги гьев киданиги цIаялъ вухIиларо», - ян абун.

Аллагьас ﷻ щивасе кьеги дин-исламалъул нух цIунун хьвадулеб баракатаб наслу.

 

 

АхIмад Къурбанов

 

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Бахиллъиялъул зарал

БетIергьан Аллагьас щивав чи вижула гIицIавлъун. Гьединго гьесулъ букIунаро щибго къуват, кинабгIаги магIишаталъул бетIергьанлъунги вахъун вачIунаро гьев дунялалде. Гьедин дунялалде лъугьарав чиясе Аллагьас кьола рикIкIун хIалкIоларелгIан гIемерал нигIматал. ТIад ретIине ретIелги, чорхое къуватги,...


Гъоркье валагье

ТӀадегӀанав Аллагьас дунял бижана къануназда ва къагӀидабазда рекъон. Нилъеда сверухъ бугебщинаб жо низамалда букӀуна: заманал хисула, планетаби хьвадула, гьел системабазул цонигиял жидецаго чӀезарурал гӀорхъабаздаса къватIиреги кколаро.   Амма тӀабигӀаталда къанунал рукӀунел гӀадин,...


СВОялъулал кIочон толаро

«Зебра» абураб спортивияб комплексалда тIобитIана гьабсагIаталда отпускалда ругел СВОялъул гIахьалчагIазе тадбир. Гьелъул хIаракатчагIилъунги церерахъана «Каспий» батальоналъул имамлъун вукIарав ва гьанже муфтияталъул северияб округалда вугев вакил МухIаммад Мукъошдибиров,...


Сабру тIагIин буго балагь

Кинаб бугониги балагь бачIиндал, нилъеда ракIалде ккола гьабунщинаб гIадада хванин, дица щиб гьабилебин абун, сабру тIагIуна.   Гьеб буго мекъаб пикру, гьединаб лъугьа-бахъиналда сабру гьабун чIезе ккола. Сабру гьабиялъулъ буго инсанасул къуват, бусурбанчиясул иман. Балагь бачIиндал, гьелъ...


Балагьаздалъун хIалбихьи

ХIурматиял бусурбаби, гьаб гIагараб заманалда нилъер Дагъистаналъул бакI-бакIазде бачIана ракIалдаго букIинчIеб къварилъи. Гьелъие сабабалъунги ккана бараб чваххунцIад. Гьелъул хIасилалда Дагъистаналъул тахшагьар МахIачхъалаялда, Хасавюрт районалъул росабалъ ва цогидал бакIазда лъим рукъзабахъе...