Аслияб гьумералде

РекIел унти

РекIел унти

РекIел унти

Гьаб буго нигIматал гьарзаяб заман. Буго бокьараб квен-тIех, ретIел, машинаби, рукъзал ва цогидабги. Амма нилъер умумузул заманалда гьадин букIинчIо. Гьез хIехьана къечги ракъиги. Гьединлъидал нилъеца чарагьечIого гьабизе ккола Аллагьасе рецц, гьадин рахIаталда хьихьун ругелъухъ. Амма нигIматазухъ щукру гьабизе кколеб бакIалда, хIасад гьабиялъулги мисалал камулел гьечIо.

 

ГIумар-асхIабас абуна: «НигIмат кодоб бугесда аскIоса хIасадчи камуларо», - ян. Пуланав чиясухъ нигIмат бихьидал, хIасад гьабула. ХIакъикъаталдайин абуни дугIа ва щукру гьабизе ккола. Хасго интернет цебетIураб гьаб заманалда гьеб хIасад цIакъго гIемерлъунги буго. Гьениб цоясул нигIмат бихьидал, рихунеб буго, ай гьесдехун хIасад цIикIкIунеб буго. Гьеб ккола диналъул вацасегун яцалъе, дуего бокьараб жо, бокьунгутIи. ХIасадин абуни ккола рекIел унти. Гьеб цIакъго жанибегIан биччани, нахъа вацIцIалъизе захIмалъула. Гьединлъидал нилъеца нилъго ругьун гьаризе ккола щукруги гьабун, хIасад къинабизе.

ГIабдуллагь ибн ГIаббасица абуна: «Нужеца ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ нигIматазда рагъ баге», - ян.

Киназего нигIмат кьолев ТIадегIанав Аллагь ﷻ вуго. Гьесда ﷻ цIикIкIун лъала лъие-щиб кьезе кколебалиги. ХIасадги гьабун дуца Аллагьасда ﷻ кIал гьикъулеб буго, щайин цогидасе цIикIкIун кьурабин абун. Гьединаб магIна буго ибн ГIаббасица абуралъулги.

Нилъеца пикруго гьабулеб гьечIо гIайиб нилъедаго бугодайилан абун. Гьелъин нилъее рекъараб бугеб щукру гьабун нигIматал цIикIкIинаризеги. Щайгурелъул ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абун бугелъул: «Нужеца щукру гьабуни, цIикIкIинабила», - ян.

Анас ибн Маликица абун буго: «ХIасадалъ лъикIал гIамалазул нур свинабула», - ян.

МугIавият ибн Абу Суфьяница абуна: «Щивав чи рази гьавизе кIола, хIасадчи кIоларо. Гьев разилъуларо дов чиясдаса нигIмат тIаса ун гурони», - ян. Гьединго гьесго абун буго, хIасадалдаса квешаб тIабигIат чорхолъ цоги гьечIинги.

Факъигь Самаркъандияс абуна: «ХIасадалдасагIан зарал гьабулеб жо гьечIо. Гьелъ гIакъубаги гьабула, тIасаго унареб ургъалилъе ккунги вукIуна. Кири щолареб балагьги щола. Беццулареб квешаб тIабигIатги щола. ТIадегIанав Аллагьасул ццимги бахъула. Тавпикъалъул нуцIбиги къала», - ян.

Имам Гъазалияс абуна: «ХIасад баккула хIакъдалдасан. ХIакъдги баккула ццим бахъиялдаса. ХIасад ккола гьезул тIинчI ва гьелъул аслуйин абуни, ццим бахъинги ккола», - ян.

Шайих ГIабдулкъадир Гиланияс абуна: «Дида мун вихьулев вуго, муъмин, мадугьаласулъ хIасадгун, Аллагьас ﷻ гьесие кьураб жо сабаблъун. Дуда лъаларищ гьелъ дур иман загIип гьабулеблъи ва БетIергьанасул ццим бахъинабулеблъи», - ян.

Фузайл ибн ГIиязица абуна: «Муъминчияс хъахIаб хIасад гьабула, мунапикъас хIасад гьабула», - ян.

Шайих ГIабдуллагь ХIададица абуна: «ХIасад ккола мунагьазул бищун кIудиязул цояб. Гьеб сабаблъун гьалаглъана иблисги Къабилги», - ян.

Аллагьас ﷻ кьураб нигIмат загьир гьабун, гIадамазе мисаллъун букIине, гIалимзабаз жидерго лъикIал ишал загьир гьарулаан. Гьединаб ниятгун МухIаммад ибн Сириница абуна: «Дица киданиги хIасад гьабичIо дунялалъе гIоло», - ян.

ГIалимзабаз абула квешлъиялъул лъабго аслу бугин: чIухIи, хъантIи ва хIасад. ЧIухIиялъ иблис гьукъана Адам аварагасе сужда гьабиялдаса. ХъантIиялъ Адам авараг вачана БетIергьанас гьукъараб гъотIодаса пихъ кваназе. ХIасадалъ Къабил вачана Гьабил чIваялде.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги.

 

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...