Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

ЦIунцIра хIикматаб рукIа-рахъиналъул рухIчIаголъи

 

Гьезул букӀуна жидерго жамгӀияб гӀуцӀи, щибалъе букIуна бихьизабураб хIалтIи-пиша яги мурад: хӀалтӀулеб тайпа, ханзаби, хъаравулзаби, бихьиналгун цIуял.

Цо-цо тайпабазул рукӀуна роржине кӀолел куркьбал ругел формабиги, амма жинсияб хурхен гьабун хадуб бихьиназул тайпа хола ва чӀужугӀаданалъулаб хутIула нахъе гIумру гьабун.

ЦӀунцIрабазул буго цоцазулгун хурхен яги кIалъай гьабиялъул гIажаибаб къагIида. Гьелъие цIунцIрабаз хIалтIизабула махI, феромонин ва тактильниял сасал.

Цо-цо тайпаялъул цIунцIраби руго гъветӀ-хер бижи цIикIкIинабулел, гьединго руго органикияб рищни-къул биххизабиялъе кумек гьабулелги.

ЦӀунцIрабазда кIола жидерго черхалъул цIайиялдаса 100 нухалъ цӀикӀкӀун цIайи бугеб жо борхизе.

Цо тайпа цIунцIрабазул буго цогидал рухIчIаголъабазулгун бухьен букIунел, жидеца гьел тIаде кIанцIулездаса цIунизе гьез жидее гьуинаб нектар кьезелъун.

Цо-цо тайпаялъул цIунцIрабазул кислота хӀалтӀизабула медицинаялда ревматизм ва артрит сах гьабизелъун.

Гьезул цо бусада букIине рес буго миллионал цIунцIраби, цо-цояз гӀумру гьабула гIемерал соназ.

БатӀи-батӀиял баяназда рекъон, дунялалда буго 14 азаргоялдасаги цIикIкIун батIияб тайпа цIунцIрабазул.

 

Панда цIунцIра

Панда цIунцIра буго гIажаибаб рухIчIаголъи. Амма цIар гьединаб бугониги гьеб цIунцIрабазул тайпалъун рикIкIунаро, рикIкIуна кьужнаязул тайпалъун.

Сипат-сурат: хъахӀаб, тIаде квас бахъараб хIули гIадаб тамахаб, чӀегӀерал тӀанкӀал ругеб черх бугеб. Гьеб кьер батула гӀицӀго куркьбал гьечӀезда. ЦIуялъул черх кIудияб буго бихьиналдаса.

Загьруяб хӀанчӀи: чӀегӀер-хъахӀаб кьералъ цогидал тIаде кIанцIулел рухIчIаголъабазда бичIчIизабула къуватаб, загьруяб хӀанчӀиялъул къуват гьезухъ бугеблъи. Гьеб загьру инсанасе заралияб гьечIо, амма гӀезегӀан унтизабула.

Кьо (хеч): Панда цIунцIраялъ цо нухалъ хIанчIунин абун гьеб холаро ва кIола цоги-цоги нухалдаги хIанчIизе.

РукIа-рахъин: гIумру гьабун руго хинаб бакIазда - Чили, Аргентина, Латиназул Америкагун Мексикаялда.

2 соналда жаниб гьелда кIола кIиазарго хоно лъезе. Рижин букIуна ракьулъ, гьениб панда цIунцIраялъ балагьула цогидал рухIчIаголъабазул бусен ва гьелда лъола хоно. Ханидаса личинка лъугьараб мехалъ гьелъ байбихьула аскIор ругел цогидал рухIчIаголъабазулаб кваназе.

Панда цIунцIраялда кIола ультразвукалде бахараб сас гьабизе. Гьеб сасалдалъун гьелъ хIинкъизарула тIаде кIанцIулел рухIчIаголъаби. Сасги гьабула хIатIал яги михъал цоцалъ лъулъан.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...