Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ хIавз

Аварагасул ﷺ хIавз

Аварагасул ﷺ хIавз

ХIавзалъул хIакъалъулъ бицун буго 30-гIан асхIабас рицарал хIадисазда. Гьезда абула «ХIадису-л-Мутаватир» (цIакъго кьучIалилан) абун. Гьеб хIавзалъубе лъим бачIуна Алжаналъусан - калкавсар.

 

Гьеб лъим букIуна рахьалдаса хъахIаб, гьоцIоялдаса гьуинаб, жинда Алжаналъул гьуинаб махIги бугеб. ХIавзалъул халалъиги гIеблъиги бащадаб букIуна ва гьелъул, Аварагас ﷺ абухъе, цояб рахъалдаса цоги рахъалде щвезе лъелго унев чиясе кIиго моцI къваригIуна.

Лъим гьекъезе цIарагI гьениб рикIкIун хIалкIоларебгIан гIемер букIуна. Щивасе бокьула гьениса лъим гьекъезе, амма малаикзабаз гьенире бусурбаби гурони риччаларо. Бусурбаби ратIарахъизе гьезда хассаб гIаламатги букIуна. Малаикзабаз цо-цо бусурбабиги риччаларо. Гьеб мехалъ Аварагас ﷺ абула: «Гьел дир умматалъул руго», - ян. Малаикзабаз жаваб кьела: «Гьел дуда нахърилълъинчIо», - ян. Гьеб мехалъ гьел Аварагасги ﷺ рачахъила.

Гьеб хIавзалъуса лъим гьекъанщинал Алжаналде ритIула. Аварагас ﷺ абула: «Нуж хIавзалде тIоцере дица ахIила», - ян. ТIоцебе гьес гьеб хIавзалъуса лъимги гьекъела.

Цогидал, жидеда салам лъеял аварагзабазулги жидерго хIавзал рукIина. Гьел рукIина дагьал гьитIинал.

Хадуб жужахIалда тIасан сиратIалъул кьо лъела. Гьелъул рагIалда къосарал ва мунагьал гIемерал жидеда ралел цIадул гъунцIби рукIина. Гьеб кьотIасан ине тIалъула киназдаго, хIатта салам лъеял аварагзабаздацин.

Къуръаналда буго: «Щивав ина гьеб кьодасан ва жужахIалъул лагьи лъала жинди-жиндир гIамал лъикIлъиялда рекъон», - абун. ГIамал лъикIасда дагь, квешасда цIикIкIун. Гьеб кьотIа нилъеда нилъерго лъикIал гIамалал гвангъун рихьизе руго, мунагьал гIемеразда ва къосаразда бецIлъи гурони бихьизе гьечIо.

 Гьеб кьо бахарал Алжаналде ина, хутIарал жужахIалде ккела.

Гьеб кьо цо-цоязе шагьрагIадин гIатIилъила, цогиязе хвалчадул балгIадин тIеренлъила, хIакъикъаталда гьеб кьодул сипат цебе чIезабизе Аллагьасда гурони кIоларо.

КьотIа мунапикъзабаз Аллагьасда божаразда абила, нижедехун русса, нижееги канлъи букIинеян. Гьез жаваб кьела: «Дунялалде тIадги руссун нужеего канлъи тIалаб гьабе», - ян.

Мунапикъзабаз абила: «Ниж нужгун гурищ рукIарал», - ан. Гьезие жаваб кьела: «У, амма нужецаго хвезабуна нужерго иш, нуж Аллагьасда ﷻ божичIо ва нужер хьул халалъана Аллагьас ﷻ нуж цIунилилан». Мунапикъзабиги жужахIалде ккела.

ЛъикIалги квешалги гIамалал ращад ккаралин абуни рукIина бакьулъ. Гьезда Алжанги жужахIги бихьила, рихьила Алжаналъул лазаталги, жужахIалъул гIазабалги. Аллагьасе ﷻ бокьани, гьел заманалдасан Алжаналде ритIила, жужахIалъул гIазаб гьезда бихьиларо.

ХIайваназул хIисаб-суал гьабуларо гьеб къоялъ, Аллагьас ﷻ гьезие гIакълу кьун гьечIелъул. Амма гьез цоцазе зарал гьабун бугони, рецIел босичIого теларо. Хадуб гьел киналго ракьалде сверизарила, цо-цоялни хутIун.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...