Аслияб гьумералде

МичI ва гьелъул пайда

МичI ва гьелъул пайда

МичI ва гьелъул пайда

МичI ккола некIо заманалдаго гIадамаз дару-сабаб гьабизе ва квен-тIехалъе хIалтIизабулеб букIараб пер-хер. Гьанже гьарурал цIех-рехазда лъазарун руго гьелъул витаминазул ва хIалтIизабизе бегьизабун буго батIи-батIиял сабабазе.

 

Ихдал кванил нигIматал дагьлъараб мехалъ, гьелъул хъархъаздасан гьабулаан гIадамаз батIи-батIиял кванил нигIматал ва кумек гьабулаан къуват цIунизе. Жакъаги нигIмат гьарзаяб заман бугониги нилъеца гъираго балагьула мичI бижараб заман ва хIалтIизабула кванилъ.

Азиялъул ракьазда гьеб хIалтIизабулеб буго руччабаз тIомода ва расазда.

Гьелда гъорлъ руго белкаби, органикиял батIи-батIиял кислотаби, хIажатаб аминокислота, глутамин, аланин, гликозид уртицин, клетчатка ва цогидалги пайдаял гIуцIалаби.

Гьеб бечедаб буго батIи-батIиял къокъабазул витаминаз, бета-каротин, никотиновая ва фолиевая кислотаялъ, калий, кальций, магний, железо, марганец, молибден, селен гIадал гIуцIалабаз.

Дару-сабаб гьабизе хIалтIизабула гьелъул тIанхал, мугьал ва кьалбал. Медицинаялда гьелъул тIанхал гIемер хIалтIизарула цин (жёлчь) хъамизелъун. ТIанхазул гьагIо букIуна би чIезабулеблъунги, гьелъ лъикIлъизабула бакьазулгун тIончIорукъалъул ва бакьазул тонус.

Медицинаялъ гьеб хIалтIизабизе бихьизабулеб буго батIи-батIиял тайпабазул би бачIиналъулъ, бегьулеб буго гIемер хIайизалъул би бачIунезе ва бавасур (геморрой) лъугьаразе.

Гьелда жанир ругел цIикIарасеб К витаминалъ бидул бети (свертываемость), гемоглобиналъул ва эритроцитазул къадар цIикIкIинабула.

Гьелдаса бахъараб сокалъ цIикIинабула кIущ ва хех гьеб къватIибе бачIинаби.

Хлорофил абураб гьелъулъ бугеб гIуцIиялъ кумек гьабулеб буго ругънал хех сахлъизаризе ва рас бижин лъикIлъизе. Противовоспалителнияб свойстволъунги буго.

Гьелъ хъамулел руго кIващул понцIороялда лъугьарал ганчIал (чIахIиял ругез цIодорлъи гьабизе ккола).

МичIил дарманал хъвала тохтурзабаз запорал лъугьиндал. Гьелъул хьон рикIунеб буго чорхое тирха-кIочи кьолеблъун, свакгун стрессалда данде къеркьолеб алат хIисабалда. ЛъикIаб асар кьолеб буго чиясул бихьинлъиялъулаб гIуцIиялъе.

МичIил гьарурал дарманал ва квен данде кколаро би бети букIунел хассал унтаби ругезе, гьединго чIужугIаданалъе лъимер гьабулеб мехалда.

Почкабазул унти бугезги цIодорлъи гьабизе ккола гьеб хIалтIизабулелъул. Херал чагIазеги гIемер бегьуларо.

 

АхIмад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...