Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Кенгуру

 

ГIажаибаб хIайван буго кенгуру. ГIалхуда гьез бала гIага-шагарго 6 сон. Рокъобе бачун хьихьулелъ 20 сонги бала.

 

Гьезул цересел хIатIал руго инсанасул кверазда релълъарал, гьездалъун кенгурабаз ракьулъа бухъула чIахI-хералъул кьибил ва цогидабги кваналеб нигIмат.

ХIинкъи ккедал кенгуру бахъун чIола рачIалда ва нахъисеб кIиябго бохалдалъун тIадекIанцIи гьабула тушманасде. РахъунчIун хIухьбахъи гьабулеб бугони, хIатIал эркен гьарун, чорхол цIайи рачIчIалтIе биччала.

Гьеб буго кутакалда кIанцIизе бажари бугебги. Гьезда кIола 12 метралде щвезегIанги кIанцIизе, ракьалдаса – 3 метралде щвезегIан эхедеги. Бажари буго 56 килиметрги сагIтие тун рекеризе. Амма кIоларо нахъехун кIанцIизе.

Гьезул хасаб сумка букIуна гIицIго цIуялъул.

ТIинчI гьабиги буго кенгуруялъул гIажаибаб. Къинаблъун бахъуна тайпа халгьабун, 27-40 къоялъ. Щибаб хадусеб гьабулеб тIинчIги, цебеселъ эбелалъул сумка рехун тун хадуб, сордо-къоялда жаниб гьабизе рес буго. Гьебги, кенгуруялъулъ бугеб, жанибе ккараб цIияб эмбрионалъул лъугьин нахъбахъун чIезабизе кIолеб бажариялъ. Щибаб тIинчIалъеги, ригьалъул халгьабун хасаб гIуцIиялъул рахь бачIунеб гъвари гIадаб жо буго гьезда.

Гьабураб заманалда тIинчI букIуна цIакъ загIипаблъун. Гьелъул черхалда букIунаро рас, букIуна беццаблъун, гIинкъаблъун. МахI бачун, цересел квачIазда ругел малъаздалъун эбелалъул расазда хурхун, сумкалъубе лъугьине кIвечIони, гьеб хола, эбелалъулги гьечIо гьеб жанибе лъугьинабизе гьунар. ТIоцебесеб заманалъ эбелалъул рахь хахизеги чIаголъи букIунаро тIанчIил, рахь гьелъие щола эбелалъ гъварудаса речIчIизабиялдалъун. Хадубккун тIинчIалъул тIалаб гьабула 6-8 моцIалъ. ГIолохъанал улбуз гьарула цIуял, заман бараз - бихьинаб. Цо-цо мехалда эбелалъ загIипаб тIинчI сумкаялъуса къватIибецин рехула, хадубккун сахаб гьабизелъун.

Гьезул буго 60-гIанасеб тайпа. Гьелги лъабго батIияб къукъаялде рикьула: бищун гьитIинал – гIункIкIал-кенгуру, гьоркьохъел – валлаби абурал (гьеб тайпаялъ гъутIбуздаги гьабула гIумру), чIахIиял – расбагIарал ва цIахIилал.

Гьез гIумру тIамула къокъабиккун. Чорхолъ къуватаб, ригьалъ кIудияб букIуна цебехъанлъун. ЧIахIиязда кIола тIаде бачIараб бокьараб хIинкъи нахъчIвазеги, нахъисел хIатIазул къуват буго бигьаго чиясул гвангвара бекизе бажарулеб, малъаз бигьаго тIутIун рала гьабицин.

Гьел кьижула бакъул чIораздаса бахчараб бакIалда, багIариялдаса цIунун рахчизе гвендалги рухъула. ЦIакъго къечани, гундби рухъунги балагьула лъим. Лъим гьезие щола гъветI-хералдасанги. Амма халатккун лъим щвечIони, гьезул бидул гIуцIи хисулеб буго. Ракъдаллъиялъул заман бачIани, гьел чанго сезоналъ тIинчI гьабулареллъун лъугьуна.

ЧIахIиязда лъикI бихьула, рагIула, гIундулги бокьараб рахъалде сверула. ЧIандеро буго чанго кьералъул цаби-гIусал ругеб.

Аслияб куцалда гIумру гьабун руго Австралиялда. Абула гьениб 50 миллионгIанасеб кенгуру бугиланги.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...