Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Наял

 

Наял руго гIажаибал рухIчIаголъаби. Гьезул кIудияб кумек букIуна гъветI-хергун тIугьдул гIезариялъе. Наял тIагIани дунялалда гIезегIан хиса-басиял лъугьине ругинги абула гIалимзабаз.

 

Най ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда «Ан-НахIл» сураялъулъ рехсараб рухIчIаголъи. Аллагьас ﷻ абулеб буго: «Дур БетIергьанас ﷻ наялде вахIю гьабуна…», - абун. Гьелъул гьоцIоги буго кутакалда пайдаяб, гIемерал унтабазе дарулъун.

Наялда букIуна щуго бер, кIиго - хьиби-хьибилалда ва лъабго – надалда. Щибалъ кумек гьабула сверухъ бугеб бихьизе, кьерал ратIа гьаризе ва роржунелъул бачIинунеб-унеб рахъ-мухъал лъазе.

Наялъул каранда буго анлъго бохги. Щибалдаги руго хасал расал ва гундби жинда жанибе пыльца бакIарулеб.

БетIералда буго кIиго антенна гIадин гIебеде битIараб михъ, къуватаб чIандеро. КIиго цебе ва кIиго нахъа ункъо кваркьиги буго, амма боржунелъул хасал гъунцIбуздалъун дандги ран, гьел лъугьуна цадахъ хIалтIулеллъун. Гьелъ рес кьола наялъе хехго боржинеги.

ХIалтIулеб найил гIумру риидалил заманалда гIага-шагарго 30-45 къо букIуна, хасало - бащдаб лъагIелги бала. Эбелаб наялъ (матка) абуни щуго соналъги гIумру гьабизе бажарула, щибаб къойилго гIадин хоноги лъун.

Наялда тIагIам лъала лъалкIаздалъун. Гьезул руго хасал рецепторал, жидеца тIегьалда хIетIе хъваялдалъун нектаралъул даража чIезабизе кIолеб.

Щибаб найица гьабула жинда-жинда хасаб хIалтIи. Цояз гIуцIула гьоцIо жаниб лъолел къалал, цогидаз гьоцIо бакIарула, лъабабилез тIанчIазухъ халгьабула. Къойида жаниб эбелаб наялъ лъолеб буго 2000-гIанасеб хоно, гьедин лъезе кколеб буго хIажатаб къадар наязул цIунизелъун.

Гьезда кIола нахъехун роржинеги. Гьез куркьбал хьвагIула секундалда жаниб 230 нухалъ, гьелъ рес кьола наялъе гьаваялда лъалхъизе, хехго цо рахъ хисизе, хIатта нахъехун боржине.

Цо кг. гьоцIо гьабизе ккани, наял щвезе ккола 4 миллионгIанасеб тIогьоде.

Цоцазулгун бухьен гьабула хасаб кьурдиялдалъун. Пуланаб низамалда кьурдиялдалъун гьез бичIчIизабула тIегьалел ругел гъутIбузул хIакъалъулъ баянал.

ХIалтIулел наязда гурони кьо къазеги кIоларо, къан хадуб кватIичIого хола най.

ГIалимзабаз чIезабун буго гIадамазул сипат-сурат ракIалда чIолин гьезда ва щивав чи ватIа вахъизеги лъалин абун.

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...