Аслияб гьумералде

Инсанасул гIадалнах

Инсанасул гIадалнах

Инсанасул гIадалнах

ГIадалнах ккола инсанасул аслияб нервазул гIуцIиялъул лага. КигIан гIемерал хIалбихьиял медицинаялъул гIалимзабаз гьаруниги, жакъа къоялъги гьеб лага ккола бищунго дагьаб къадар жиндир хIакъалъулъ лъалеблъун. ГIадалнах ккола тIубараб къаркъалаялъулго жавабияблъун. Гьелда абизе бегьула, гьеб бугин инсанасул лугбузе буюрухъ кьолеб аслияб бакIлъунилан.

 

Гьелда жаниб ккараб кинабгIаги сакъаталъ асар гьабула цогидал лугбузе. ГIадалнахалъул сакъатлъиялъ кIудияб зарал гьабула инсанасул черхалъе. Гьединлъидалин гьелъул сахлъи цIуниялде кIвар кьезе кколеб. ГIадалнах берцинго хIалтIиялъе чара гьечIел витаминал ва цогидалги хIажатал сурсатал чIезариялде кIварги кьезе ккола.

 

Кинал тIагIамалха гьелъие пайдаяллъун кколел

– Кьарияб ччугIа. Гьелда жаниб буго Омега-3. Жинда жаниб гьеб витамин бугел ччугIби ккола сельд, скумбрия, палтус, камбала, кета, нерка, лосось. Омега-3 пайдаяблъун ккола цохIо гIадалнахалъе гуреб, тIубараб къаркъалаялъего. Гьелъ рацIцIад гьарула бидурихьал, бидул тIадецуй рекъезабула, рекIел унтаби ккеялдаса цIунула ва обмен веществ лъикIлъизабула. ГIадалнахин абуни, Омегаялъул кумекалдалъун берцинго хIалтIула.

– Шоколад. Кинабго шоколад гуребха, 55 проценталдаса дагь гьечIеб къадаралда какао жиндилъ бугеб.  Какаоялъул мугьалда жанир руго антоциан ва фалаванол абурал жал. Гьез лъикI хIалтIизарула бидурихьал ва гIадалнахуде би щвезаби цIикIкIинабула.

– Ханал. Гьелда жанир руго И витаминалъул гIемерал группаби. Херлъиялдалъун гIакълуялъе кколеб нахълъи хIинцлъизабула ханаз. ГIолохъабазе пагьму цIикIкIиналъе кIудияб кумек гьабула. БагIарханида жаниб бугеб Холин абураб жоялъ, пагьму бачIинабула. Гьеб Холин абураб жо гьечIони, нервабазул клеткаби берцинго хIалтIуларо. Холиналъул сордо-къоялъе къваригIунеб норма щвезе ккани, кIиго хоно кваназе ккола.

– Лъолъол нах. Гьелда жанибги гьарзаго буго Омега-3. Гьелъул нусго граммалда жаниб 70 % цIакъ хIажатал кислотаби руго. Гьеб нах хIалтIизабула пагьму цIикIкIинеги.

– ЦIулакьо. Гьелда жанир руго гIадалнахалъе пайдаял мелатони, магний ва гъобго Омега-3. Гьез кумек гьабула гIадалнахалде бачIунеб информациялъул хехлъи ва къабул гьаби цIикIкIинабизе, пагьму щула гьабиялъе. ЦIулакьоялъ щула гьабула гIадалнахалъул хIалтIи, рагъ бала заралияб жоялъулгун. Чорхолъ бугеб унтиялде данде чIола ва Альцгеймерасул унти хIинцлъизабизе квербакъула. 

 

 

ХIамид МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...