Аслияб гьумералде

Кванил адабал

Кванил адабал

Кванидехун цIунизе кколел адабазда рекъон, нигIматазде хIухьел пуйзе лъикIаб гьечIо. Ибну ГIабасидасан бицана: «Бичасул Расулас кваналеб ялъуни гьекъолеб жоялде киданиги хIухьел пуйчIо. Гьединго цIарагIиялъулъеги хIухьел биччачIо», - ян. (Ибну Мажагь).

ЖАБИР МАЖИДОВ, «АС-САЛАМАЛЪУЛ» МУХБИР

Цо чияс аварагасда гьикъана: «Кванилъе ялъуни гьекъолеб жоялъулъе чороклъи ккун батани, щиб гьабилеб?» - илан. Аварагас абуна: «Гьеб нахъе босе ялъуни г1одоб т1е», - ян.

Аварагасул суннаталдасан ккола ц1акъго бух1араб квен кванач1ого ялъуни гьекъолеб жо гьекъеч1ого дагьаб ц1орозе тей. Цо-цо х1адисазда буго бух1араб квен кванаялъ гьелдаса баракат нахъе босулин абунги.

Абубакарил яс Асмаица чулпа гьабун хадуб, гьелъул бух1и инег1ан цебе лъолароан. Аварагасги абулаан: «Гьедин гьабиялъулъ к1удияб баракат буго», - ян. (Ибну Х1иббан).

Гьеб тайпаялъул х1адисал г1емерал руго.

Динияб рахъалдасан гуребги дунялалъул рахъалдасанги рекъараб гьеч1о бух1араб кванде пударизе. Т1оцебесеб иргаялда, гьеб адаб гьеч1олъи буго. Щайгурелъул, т1аде пулаго квен г1одобе ине ялъуни аск1ор ругезде т1ираби щвезе рес буго. Гьеб ц1акъ рекъеч1еб ишги буго. Гьединлъидал лъик1аб буго кванил бух1и инег1анги ч1ун, берцинго кваназе.

Медициналъул рахъ босани, кванде пуйзе беццараб гьеч1о. Бух1араб кваниде нилъеца пураб х1улел щведал, реакция лъугьун, квешал бактериязде сверула. Цинги, квенгун цадахъ, гьел бактериял чохьониреги ккола. Гьелдалъун ккезе рес буго язва, гастрит г1адал унтабиги. Гьединго кванде х1ухьел пуй сабаблъун щокъроб, гьуъралъ, к1алдир ругел инфекциялъулал унтаби цогидазда рахинеги рес буго.

Масала, нилъер гьаниб г1адатлъун лъугьун буго гьит1инаб лъимадуе кьолеб квен цин эбелалъ т1аде пун ц1орозаби. Амма нилъеда лъазе ккола, гьедин гьабулебиланги абун, нилъелъго ругел квешал бактериял ва инфекциял квенгун цадахъ лъимадул чохьониреги ккезе бегьулеблъи. Лъиеха бокьилеб лъимал инфекциялъулал унтабаз унтизе. Аллагьас тавпикъ кьеги.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...