Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

 

Кету ккола рукъалъул хIайваназул бищун машгьураб. Гьезул буго инсан хIикмалъизавулеб ва гьесул гIамал жиндехунго цIалеб хасият.

 

ГIемерисел гIадамазе рокьула кутул. Аварагасеги ﷺ хириябльун букIана кету. Аварагасул ﷺ бокьулеблъун букIараб катида цIар букIана МугIизза абун. Аварагасе ﷺ гьеб цIакъ бокьулаан ва киданиги гьелъул макьу хвезабичIо, гьелъ гьекъон нахъе хутIараб лъим гьес ﷺ какие чуризе хIалтIизабулаан.

Гьес вагIза гьабулеб мехалда гьесул накабазда кьижизе бокьулаан катие. ХIатта бицен буго Аварагасда ﷺ хIанчIизеян бачIараб борохь катица чIваялъулги.

ГIемерал руго кутузул хIакъалъулъ рицарал хIадисалги. «Гьел рацIцIадал руго, хъубаллъун кколаро. Гьел руго нилъеда сверухъ хьвадулеллъун», - абун. Бегьуларо гьезие гIакъуба гьабизе. ХIадисалда буго: «ЧIужугIадан жужахIалъуе кканила, кваназе квенги кьечIого, гьекъезе лъимги кьечIого кето жаниб тIамун теялъул хIасилалда» - абун. Рокъобе хьихьизе кето бачунев чиясда лъазе ккола ахир Къиямасеб къоялда гьелъул жинца жаваб кьезе букIин.

Кутул рукIуна сихIирал, цIодорал, чан гьабизе гьунар бугел жал. Гьезда кIола лъидаго халлъуларедухъ бахчизе, сверухълъиялде бигьаго ругьунлъизе ва жалго жидедаго чIарал рухIчIаголъабилъун хутIизе.

Гьезул беразда тIад букIуна хасаб гъат ва гьелъул кумекалдалъун, кигIан бецIаб бакIалда бугебги жо, гьезда бихьула.

ГIундузда буго 20-ялдасаги цIикIкIун ччобори ва гьезул кумекалдалъун гьел руссинаризе кIола 180 градусалъ.

Катил рачIчI рикIкIуна кIанцIулеб мехалда кумекалъе хIалтIулеб рульлъунги, чорхол хинлъи-цIорой рекъезабулеб вентиляторлъунги, хважаинасухъе жиндир рекIел хIал щвезабулеб алатлъунги.

Кутузул мугъзагьод буго бокьухъин гьетIа-къулизабизе кIолеб ва киса бугониги кIанцIулеб мехалда гьел кидаго хIатIазда рахъун чIола.

Кутузул кIалдиб букIуна 30 ца-гIус, цояб бортидал цIияб бижула. Гьезухъа ракIалда чIезабун бажарула 50-гIанасев чи ва гьезул гьаркьал.

100-ялдасаги цIикIкIун батIияб гьаракьги гьабизе кIола кутузда. Абула гьезул 100 батIияб тайпа бугиланги.

Михъазги кумек гьабула гьезие къваригIаралъубе нух бахъизе, хасго бецIаб сардилъ. Катил чорхол хинлъи букIуна 38-39 градус. РекIел кьаби букIуна инсанасулалдаса кIиго нухалъ цIикIкIараб. Гьез гIумру гьабула гIага-шагарго 12-15 соналъ. Кутул ми-мидула цогидал кутузулгун бухьен гьабулеб мехалда.

 

 

МухIаммад ГIалиев

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...