Аслияб гьумералде

ХIикматал махлукъатал

ХIикматал махлукъатал

Кьер хисизе кIолеб ччут

 

Хамелеон ккола чорхол кьер хисизе кIолеб ччут. Гьезул буго кIинусгоялдасаги цIикIкIун тайпа. Цо-цоязул бетIер букIуна тIад шлем лъураб гIадаб.

 

Гьелъ кьер хисулеб буго нервабазулъ бугеб хасаб гIуцIиялъул кумекалдалъун. Кьер хисулеб буго  рахчизе гуребги, гIемерал жалазул асаралда гъоркьги. Масала, цIа-кан, лъамалъи, канлъи, къеч, ракъи ва хIатта рекIел хIалалде балагьун. Гьелдаго цадахъ кIолеб буго къаркъалаялъул цо-цо бакIалда кьер хисун тезеги.

Хамелеоналда кIола 360 градусалда сверухъ бугеб бихьизе. Беразул гьединаб гIуцIиялъ кумек гьабула хIинкъи бугел рухIчIаголъаби рихьизе.

Тайпа халгьабун цо-цоязул мацIалъул халалъи букIуна чорходаса 2-3 нухалъ халатабги. КIалдиса къватIибе унелъул пружина кинниги речIчIун уна. Гьебги ккола мацIалда ругел хасал ччорбазул гьунар. Цо ччобори буго хехаб куцалда къватIибе рехулеб, цогидаб - тIадрекIун, чан гьабун щварабги босун, нахъе бачIине кумекалъе хIалтIулеб.

Цо-цо тайпабазул хIатIал руго гъуцIдул гIадал кIийиде рикьарал, щибалда килщал ругел. ГъуцIдул хIалтIизарула гъутIбузда доре-гьанире хьвадизе. ГIумру гьабун хинал улкабазда, гъутIбуздагун хъархъазда рукIуна. ЦIакъ дагь гурони рагъа-рачари гьабуларо. Цояб хIетIе цебе босун хадуб цогияб босизе чанго минут бала. Гьеб заманалда гьоркьоб гьабула рухIчIаголъабазде чанги. ХIажалъи ккедал хехго бекерула ва гIаркьелалдаса гIаркьелалде кIанцIизеги кIанцIула.

Билълъанхъулелъул кумекалъе хIалтIизабула халатаб рачIчI.

ТIанхаздаса щуб чIикIун гурони, данде бакIарараб бакIалдаса лъимги гьекъоларо.

ГIемерисел хамелеоназ лъола хоно. Гьебги - ракьулъ гвендги бухъун. Хоно лъезе гурони ракьалдеги рещтIунаро.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...