Аслияб гьумералде

Унтаби гIемерлъила

Унтаби гIемерлъила

ГIорцIиялъул зарал

 

Инсан кваначIого тIувалареблъи хIакъаб жо буго. Гьединлъидал, цебе гIадин гьанже квен балагьулаго гIемераб гIакъубаги бихьулеб гьечIо. Хасго химия гIемерлъидал, бачIинги гьарзалъана ва гьелдаго цадахъ «пищевая наркомания», ай кванде инсан ругьунлъи, гьеб гьечIого чIезе кIунгутIи абураб цIияб унтиги гIадамазулъ загьирлъана.

 

Кванил нигIматал къватIире риччалезги хIаракат бахъулеб буго жидерго нигIматал цIидасанги росизе рукIине гьезулъе тIагIам бачIинабулел химикатал журазе. Гьединлъидал инсан кванда варавлъун лъугьунев вуго. Къойида жаниб кванирукъ чIобоголъараб заманго букIунеб гьечIо. Гьеб киналдаго цадахъ гьабулеб хIалтIиги рагъа-рачариги дагьлъун буго. Тохтурзабаз абулеб буго кидаго чехьги цIун, рагъа-рачариги гьечIого ругони батIи-батIиял унтаби лъугьине рес бугин. Гьез абичIониги нилъедагоги бихьулеб буго квен сабаблъун кколел унтаби гIемерлъулел рукIин. Хасго кьаралъулел ва гьелъул хIасилалда нерваби холел, психикиял унтаби цIикIкIунел руго.

Диналъ щибха абулеб бугеб? ГIорцIизегIан кванайилан цониги диналъ абуларо. ХIатта какунцин букIуна. Исламияб диналдаги гIемер кванай исраплъун рикIкIуна. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьас нужее кьураб хIалалаб, бацIадаб жоялдасаги кванай, гьеб квана-гьекъеялъулъ гIорхъолъа борчIараб хIал гьабун исрапчилъиги гьабуге. ХIакълъунго, Аллагьасе гьесул ризкъи исрап гьабулел гIадамал рокьуларо», - ян. (Суратул «АгIраф», аят 31)

 

Аварагасул заманалда гIадамал дагьалда рази рукIунаан ва гIорцIизегIан кваналароан

КАНТIЕ

Инсанасул сахлъиги гьес кунеб квенги щулаго цоцада хурхун рукIиналъ, унтаби гIемераб гьаб заманалда цIакъ кIвар бугеблъун ккола квен-тIехалъул суал. Машинаялъе бензин кинниги, квен ккола инсанасул черх хIалтIизабулеб алат. Амма гьеб чарагьечIого къваригIунеб Аллагьасул рахIмат цIикIкIун хIалтIизабуни, квен загьругIанги заралияблъун лъугьуна.

 

 

Гьарун Рашидил тохтур вукIана насранияв. Гьес цо гIалимчиясда абуна гIелму кIиго батIияб бугин: динияб ва дунялалъулаб. Нужер Къуръаналда тIиб гIелмуялъул щибго жо батичIо дида», - абун. ГIалимчияс жаваб гьабуна: «Къуръаналда тIиб гIелму буго. Гьебги цо аяталъул бащалъиялда буго», - ян. Цинги цебе рехсараб аят цIалана.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «ЧехьгIан квешаб къвачIа инсанас цIезабичIо! Адамил лъимералъе гIей гьабила мугъ битIизелъун (чорхолъ къуват цIунизелъун) дагьаб квен кванаялда. Амма чара гьечIого гьебги гIолеб гьечIони, кванирукъалъул лъабго бутIа гьабун цо бутIа квание, цо бутIа лъадае, цо бутIа хIухьлае те», - ян. (Тирмизи)

ГIемерал хIадисаз нугIлъи гьабула Бичасул Расул ﷺ къойида жаниб кIицIул гурони кваналев вукIинчIолъиялъе. Квенги толаан вакъун вукIаго.

Аварагасул ﷺ заманалда гIадамал дагьалда рази рукIунаан ва гIорцIизегIан кваналароан. Аварагасул ﷺ рокъоб цо-цо мехалъ букIунаан кIиго моцIалъги цIа бакичIеб заман, ай бухIараб квен гьабулароанин абураб магIнаялда. Авараг ﷺ ахираталде накълулъун хадуб бусурбабазде рещтIараб тIоцебесеб балагь букIанин абизе бегьула гIорцIизегIан кванай.

ГIалимзабаз абула гIемер кваналев чияс мунагьалги гIемер гьарулин абун. Гьединав чи кIвахIалавги вукIуна. Аллагьасе гIибадат гьабизеги гьединасе захIмалъула. ГIорцIиялъ шагьватги багъаризабула. ГIадада гуро аварагас ﷺ хъизан гьабизе рес гьечIел гIолохъабазе кIал кквезе лъикIаблъун бихьизабун бугеб.

Жабир Мажидов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Риидалил курсал байбихьана

ХIурматиял бусурбаби. Гьале исанаги байбихьана нилъер гьитIичазе Дагъистаналъул киналго мажгитазда риидалил курсал. Дицаго рикIкIуна лъималазул эбел-инсуе гьеб кIудияб талихIлъун. Балагьеха гьанже, щивав эбел-эмен жиде-жидер лъимергун рокъор хIалтIизе ккун рукIаралани кигIан захIмат...