Аслияб гьумералде

Хъизан цIуниялъе аслу

Хъизан цIуниялъе аслу

ХIурматиял бусурбаби, «Ас-салам» казият цIалулел магIарулал. Исламалда бищун аслияб бакI ккола хъизамалъ. Гьеб буго гьитIинаб хIукумат гIадинааб, жинда жаниб кIудияб улкаялъулго икъбалгун талихI бараб гIуцIи. Хъизамалда парахалъигун рекъел, гьуинлъи бугони жамгIияталдаги гьебго букIуна. Кинабниги гIадлу-низамги хъизамалдасан байбихьула.

 

Гьединлъидал нилъеца бищун кIудияб кIвар кьезе ккола хъизан берцинго гIуцIиялде ва гьеб цIуниялде. Хъизан цIунун бажаруларо байбихьудаго гьеб берцинго гIуцIун гьечIони. Гьелъул магIнаги ккола исламалъул киналго тIалабалги тIуран хъизан гIуцIи абураб.

Исламиял гурел гIадатал нилъеда берцин рихьулел ругони, мунагь-хатIа ккеялъул милатги гьабулеб гьечIони, гьелда тIад гIуцIараб хъизан цIунизе бигьаго букIунаро.

Гьаб заманалда хасго гIемер рагIула хъизамал риххиялъул хIужаби. Гьезул гIемерисезул гъварилъуде раккун хIисаб гьабидал баянлъула байбихьудаго исламалъул нухдаса кьурун рукIин.

Гьаб макъалаялда гьединазул цо мисалги бачине бокьун буго. Эбел-инсуца гIемер ургъун васасе ялагьула абизе яс. Гьей ятидал, гьелъул гIагарлъиялъул разилъи щведал, рагъарула яс гьариялъул тадбиразде. Гьеб мурадалда ккола саламатаб кафе-зал, бакIарула кIиябго рахъалъул гIагарлъи, гIуцIула сухIмат. Лъиего балъгояб жо гьечIониги, дагьабго баян кьелин гьеб «рохелалъулги». Гьениб гьабулеб кьурди-кечI букIараб гIечIого цере рахъинарула цоцазе гьарарал гIолилал. Абурай ясалда баргъич ххезе тIамула вас.

Пикру гьабе цо гьадинаб ишалъул. Гьей яс гьев васасул лъади гуро, жеги магьари лъун гьечIо, кинниги кIилго аскIореги рачун, цоцазул квералги кквезарун чIезарула. Гьелде тIаде, гIолилал рахъинарула кьурдизе, ай вальс гьабизе.

Дир диналъул вацалгун яцал, гьеб гIадат нилъеца киса босун гьабулеб жо? Бусурбабилъун гьечIел гIадамаздаса мисал босун, гьезда нахърилълъун гьабулеб жо гурищ гьеб? Нилъеца пикру гьабуларищ исламалъул ахIкамазда данде кколеб бугищ гьебин абун? Доба кибалиго бихьараб гIадат хIалтIизабизе лъугьани щиб кколеб нилъер диналъул? БетIергьанас нилъее исламияб дин щулаго цIунизе гурищ кьун бугеб?

Гьединаб авалгун, хвезабураб харжгун данде гьарурал лъимал ратIалъидал, байбихьула унго-унгояб кьал. Гьайгьай, цоцазда бадибчIвала гьабураб, гьитIинаб бугониги, сайгъат-салам. Васасул чагIи журал ясалъухъа гьеб нахъе бахъизе. ХIасилул калам, гьелда сверухъ гIуцIула тIубараб сериал.

РачIаха балагьилин байбихьудасаго букIаралъул хIисабги гьабун. Нилъеда лъала кьучI битIичIеб ригь гIемер мехалъ хутIулареблъи. Гьединго жиндир байбихьи хIарамалдаса лъураб ригьинги биххиялда щибго гIажаиблъи гьабизе ккараб жо гуро. Гьединлъидал, ригьин гьабиялда хурхарал тадбиразулъ исламияб нух цIуни цIакъго кIвар бугеблъун ккола. Щайгурелъул, гьеб буго хадуб бачIунеб гIелалъе лъолеб кьучI. Хадур рачIунел наслаби талихIал, диниял, гIакъилал ва бахIарчиял рукIине бокьарас ригьин гьабулелъул исламиял тIалабал цIунизе хIаракат бахъизе ккола.

Аллагьас кумек гьабеги! Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....