Аслияб гьумералде

Авараг ﷺ гьавураб моцI

Авараг ﷺ гьавураб моцI

Авараг ﷺ гьавураб моцI

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана жинда жанив хирияв МухIаммад авараг ﷺ гьавураб рабигIул аввал моцI. Дагъистаналда гьеб моцIалъ тIоритIула рахъ-рахъалда мавлидал. Щибаб росулъ, щибаб районалда, шагьаразда, рокъо-рокъоб, къватIазда. ХIасил гьабун абуни, тIубараб моцIалъго данделъаби гьарула. Гьебги буго Бичасул Аварагасдехун ﷺ бугеб рокьи загьир гьабун гIуцIулеб тадбир.

 

Гьале исана цIигьарун руго ГIиса аварагасул цIаралда бугеб РухIияб централда гьарулел мажлисалги. Гьезие бихьизабун буго хасаб сияхIги, щибаб район ва жамагIатал данделъизе рукIине. Гьенире мавлидалде ине хIаракат бахъизе рекъараб буго щивав чиясе.

Пикру гьабеха, бусурбаби, гIумруялда жаниб нилъеца гьарула батIи-батIиял сапарал. ГIемерисел гьелги рукIуна дунялалъул боцIи балагьун гьарулел. Гьезда гьоркьор цIакъ дагь рукIуна диналда хурхараб мурад бугел сапарал. Балагьеха, рачун хъизан-лъималгун мавлидалде къватIиве вахъиналдалъун чиясул тIокIаб батIияб мурад кинаб букIинеб Бичасул Аварагасухъе ﷺ гьоболлъухъ ин, гьев кIодо гьавиялъул къасд гурони. Гьединаб нияталда гьабулеб сапар нилъер гIумруялда жаниб гIемерги букIунаро. Заманги цIакъ хехго бекерулеб бугелъулха. 

ГIарабазул улкабазда, Бичасул Авараг ﷺ дунялалде вачIараб заманалдаса бахъараб, гьесул гIумруялъул бицунаан, хIатта кIиго чи данделъараб бакIалдагицин. Балагьеха, гьаб заманалда гIадамал данделъарал бакIазда сундул бицунебали. Дунялалъул боцIул, политика ва хутIараб калам - гъибат-бугьтаналда тIад уна.

Нилъееги лъикIаб букIинародай гIадатлъун гьабуни, бокьараб данде ракIариялда Бичасул Аварагасул ﷺ, асхIабзабазул, табигIиназул ва машаихзабазул хIакъалъулъ къисаби ва хабар бицин. КидаллъизегIан нилъ рукIинел мунагьал гьарулеллъун? Гьабгощинаб гьабураб гIибадаталъул баракатгIаги щвезе ккеларищ.

Хасго гьаб рабигIул аввал моцIалда жаниб бицунеб хабарго хирияв Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ букIине хIаракат бахъизе ккела. Бицун гурони Бичасул Авараг ﷺ лъазе ресги гьечIелъул. Вокьизе ккани, лъазеги кколелъулха. Лъаларев чи кин вокьулев? Гьединлъидал, Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ лъара-лъараб жо бицунел ругони, рокьиги цIикIкIинехъин буго.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


ХIалалаб гьанал нигIматал

ДРялъул муфтияталда тӀоби-тӀана Дагъистаналъул Росдал магӀишаталъул ва кванил нигӀматазул министерствоялъул вакилзабазулгун данделъи. Гьениб бицана гIи-боцӀул къадар гӀемер гьабизе ккеялъул ва гьеб гӀезабиялъул рахъалъ цадахъаб хӀалтӀи гьабиялъул хIакъалъулъ, гьединго, базаразда хӀалалаб гьан...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...