Аслияб гьумералде

Къурбаналъул гIид

Къурбаналъул гIид

ХIурматиял магIарулал, гьале тIаде щолеб буго исламалда жаниб кIудияб гIидлъун рикIкIунеб Къурбаналъул байрам.

 

Гьелъул аслу буго Ибрагьим аварагасдаса бачIараб. Гьебго тарих буго исламалъул щуабилеб рукнулъун бугеб хIежалъулги. Нилъер диналъул вацалгун яцал гьел къояз рукIуна хIежалъул ахIкамал тIуралел хириял ракьазда. Гьеб ккола цересел диназул нилъералда лъалкI хутIарал гIибадатазул цоябги. Гьелъул къиса цIаларав чи лъугьуна Ибрагьим авараг вукIараб заманалде гъорлъе. Гьединал къисабаз инсанасул чорхолъ иман щула гьабула. Къурбан хъвеялъе ккараб сабаб лъарасулги щибго гьелъул хабар рагIичIесулги къурбаналдехун батIи-батIияб бербалагьи букIуна. Амма гьеб кинабго лъалесулин абуни, игIтикъад щулияб букIинарищха.

Нилъер, ай МухIаммад ﷺ аварагасул умматалъе, къурбан хъолеб къогун хадусеб лъабго къоги гьабун буго БетIергьанас байрамлъун. Гьеб буго жинда жаниб Аллагьасе шукру-рецц гьабун рохел загьир гьабизе бихьизабураб мех. Гьел къояз кIал кквейги хIарам гьабун буго БетIергьанас. ГIидалъул сордоялъгун къоялъ кутакалда хирияблъун бихьизабун буго Аллагьасе гIибадат гьабизе. Байгьакъияс хъвалеб буго, ШафигIияс бицанила, жинда рагIанин Мадинаялъул агьлуялъул чIахIиял чагIи, шайихзаби рукIунаанин Аварагасул ﷺ мажгиталда данделъун, гIидалъул сордоялъ дугIа гьабулел, Аллагь ﷻ рехсолел сардил цо бутIа инегIан. Мажгиталде ун щиб, рокъорго рукIун щиб, гIидалъул сордоялъ гIибадат-гIамал гьабизе, Аллагь ﷻ рехсезе, дугIа гьабизе лъикIаб буго. АсхIаб ибну ГIумарица гIидалъул сордо борчIулеб букIанилан абураб хабар щвана дихъейилан абун буго имам ШафигIиясги.

Абу Умамат-асхIабасдасан бицана Аварагас ﷺ абунин: «Щив чи вугониги, гIицIго Аллагьасдасан ﷻ кири тIалаб гьабун гIидалъул сордоялъ тIаде вахъун ракIал холеб къоялъ гьесул ракI хвеларо», - ян (ибну Мажагь). Гьединлъидал бажарарасе гьеб содо борчIизе  суннатаб буго. КIалбиччан сордоялъул хиралъиялдасан буго, гьеб сордоялъ гьабураб дугIа къабул гьабулеб букIин. ШафигIияс абуна: «ДугIа щуго сардилъ къабулаб букIун: 1) рузман сордо, 2) къурбанкъоялъул сордо, 3) кIалбиччан сордо, 4) ражаб моцIалъул тIоцебесеб сордо, 5) шагIбан бащалъараб сордо». Гьаб сордоялъул хIакъалъулъ дида рагIараб хасаб хIадис тIадаб гьечIониги гьабизе лъикIаблъун бихьула дидаян абулеб буго ахиралдаги имам ШафигIияс.

Гьединго хирияб буго гIидалъул къоялде рацIцIа-ракъалъи гьабизеги. Гьеб къоялъ гIидалъул какде иналде цебе гьабизе бихьизабун буго кинабго рацIцIалъи. Лъимал-хъизаназда гьеб къоялъул бицинеги рекъараб букIина. Щибаб соналъ тIаде бачIунеб къо гьеб батаниги, гьоркьоб лъагIел индал, кIочене рес буго. Кинабго ракIалде щвезабиялъ цо цIияб къуват чорхолъе биччарабгIадаб чIаголъи бачIуна.

Къурбанги хъун, гьеб кванаялдалъун гуребги, цогидал сайгъатаздалъунги лъимал-хъизанал рохизарулел ругони, тIадеялъулги гьеб гIид кидалдай бачIинаян балагьун чIун рукIуна гьел. Гьебги ккола къурбаналъул гIидалъул асар рекIелъ бессун букIин. Гьеб гурищ нилъееги хIажат бугеб жоги?

Гьединго рекъараб букIина гIага-божаразухъе зиярат гьабуни. Цоцахъе гьабураб зияраталъ ракIал журала, цоцазде рокьи бачIуна, халкъалда гьоркьоб рекъел ва цолъи щулалъула. Гьаб ахирзаман буго щивго чи цоцаде регIулареб, щивав чи живго жиндаго чIараб мех. Гьединаб заманалда гьоркьоблъи щула гьаби ккола цIакъго кIвар бугеблъун.

Цо-цо росабалъ къурбаналъул гIид тIобитIулеб буго кIалбичанкъо гIадин, гIатIидго. Гьеб гIадатги кибго билълъанхъизабизе рекъараблъун бихьула. Щайгурелъул, къурбаналъул гIид дагьабги кIудияблъун рикIкIунеб букIиналъ, гьелъул жеги цIикIкIараб хIурмат гьабизе рекъараб буго.

Аллагьас кумек гьабеги киназего хирияб гIидалъул къо киналго адабалги тIуран тIобитIизе. Баркула киназдаго, гьарула сахлъигун рохел, аваданлъи!

 

ХIурматгун, магIарул мацIалда биччалеб казияталъул редактор ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Аварагасул ﷺ асараздасан

Авараг ﷺ мисал босулев чи вукIиналъ, асхIабзабаз Аварагас ﷺ хIалтIизарулел рукIарал алаталцин рехсана. Ибну Асирица баян гьабуна стакан гьоркьохъеб кӀодолъиялъул букӀанин, я гьитӀинаб, я кӀудияб гуреб. Аварагасе ﷺ бокьулаан алатазда хасал цӀарал лъезе, стаканалда цӀарги лъуна «Раян» абун. Гьесул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Свакан вукIуна...   Дун росасе ана цо жигарав чиясе. Ниж рукIана бищунго лъикIал рос-лъадилъун. Гьес рагIи кьун букIана цадахъ гIемераб заман базе, цадахъ сапар бухьине, тира-сверизе. Амма гьанже дир ракI буссунеб буго. Гьев кидаго свакан вукIуна. Сундулго интерес гьечIо гьесие. Дир цониги...


ХIажатазе кумек гьабула

БетIергьанас ﷻ халкъ бижун буго цоцазе кумек гьабулеллъун, ай цоцада жидер гIумруялъул шартIал хурхараллъун. Гьединлъидалин паризаяб закагIаталде тIаде суннатаб садакъа кьейги лъикIаблъун бихьизабун бугеб исламалда жаниб. Дагъистаналда руго гIезегIан гурхIел-рахIмуялъул фондал.  Гьезул аслияб...


Муфтияталда дандчIвана

ДРялъул муфтияталда, муфтиясул гIакълучIужу ГIайна ХIамзатова, дандчIвана СВОялда араб бакI лъачIого тIагIарал рагъулал хъулухъчагIазул улбулгун ва лъудбигун.  Гьединго, гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул БахIарчиясул эбел, МахIачхъала шагьаралъул №54 школалъул директор Сапижат...


«ЦIидасан пикру гьабе…»