Аслияб гьумералде

Машина тункиялдаса кин цIунилел?

Машина тункиялдаса кин цIунилел?

ХIурматиял бусурбаби, гьаб заманалда гIемер рагIулел руго машинаялъул тунка-гIуси ккеялъул хIасилалда гIумруялдаса гIадамал ратIалъарал ва чорхое сакъатлъи ккеялъул хIужаби. КигIан гIемер хъваниги, кигIан гIемер бицаниги гьелъул балагь бичIчIулеб гьечIо. Хасго гIолохъанаб гIелалъ гIадахъ босулеб гьечIо машина бачиналъул бихьизабураб низам.

ГIемерисел авариял ккеялъе сабабги буго дандиясул нухде вачIин, бихьизабуралдаса цIикIкIун машина бачин. КигIанго гIедегIун ватаниги, данде бачIунеб нухдеги вахъун, машина бачине шаргIалъ ихтияр кьоларо. Гьелъул хIасилалда ккараб рецIелги гьев чиясде тIаде ккола, гIумру батаниги, боцIи-мал ва чорхол сахлъи бугониги. Сабру гьечIолъиялъ рачунел руго гIемерисел авариязде. Сабру - алжаналъул кIул бугин абураб хIадисги нилъеда лъала, амма гьелда гIамал гьабизе кантIулел гьечIо. ГIисинаб гIелалда божун машина тезе бегьизехъинго гьечIо. Кидаго гьезие насихIат гьабулел рукIине ккола чIахIиял. Гьединаб тIадчIей гьабичIони, цо къоялъ бетIер кквезе кколелъулха. Гьелни гIолохъаби ругин тела, амма ригьалде рахарал гIадамаз машина бачунаго риччалел гъалатIал рихьидал, гIажаиблъизе бачIуна.

Жиндир баракат нилъее киназего щваяв ЧIикIаса СагIид-афандияс шоферасе гьарурал малъа-хъваял кIочене тезе бегьуларо. РакIалде щвезелъун гьанибги рехселин.

КIиго-лъабго шартI буго, шофер ...

КIиго-лъабго шартI буго, шофер, дуца цIунани,
Щибаб балагьалдаса мун цIунизе хьул бугел.
ЦIакъал дараби руго дур харжги бахъуларел,
Хвел тун нахъиялщинал унтаби нахъе чIвазе.
Ужра-мухь босичIого чIобого кьолеб дарман,
Дур лъезе бакI батани, босе кIвахIаллъичIого.
Бичун боссе аниги аптекалда щоларел,
ШаргIалъул гьадиятал - гьале гIакълу бугезе.
Рокъоса вахъиналде дуца машинаялъул,
Щибаб лага-саналда сахлъи цIехезе ккола.
Сахлъи гьечIеб машингун мун сапаралъ вахъани,
Сабаб-дугIаялъул дуй пайда щвей щакаб буго.
Щукру гьабизе кIолеб нигIмат машина гурин,
Мун гьебги ракIалде щун шартIал малъухъе цIуне.
Малъараб гьабичIони гIадлуялъе хIакълъулин,
ГIадлу-низам гIуцIарав Халикъасе мутIигIлъе!
МатIиятлъун дуй кьураб, мусахарги гьабураб,
Махх-чарамалъул гьакий “гьа”- ян абун гIоларо.
Гьелъий гьабулеб хъулухъ мугьмалго дуца тани,
Тела мунги гьелъ рехун рес къотIараб бакIалда.
Хасго рулалъул тяга, тормозалъул система,
СагIтил хъаравул гIадин даим хIалтIизе ккола.
Картер-коробкаялъуб бугеб нахалъул къадар
Къойил хал гьабичIони, мун шофер вукIунаро.
КIиабилеб шартI дуе шагьаралъул къватIазда,
Къадниги къасиниги сабругун хьвади буго.
Светофоралъ изну кьечIебгIан заманалда,
КьуричIого гьенив чIей - гьеб дур вазифа буго.
Гьединго трассаялда тормоз гьечIеб кинигин,
Кидаго газги мерхьун воржине бегьуларо.
Жавабчилъи тIад гьечIев мажнун мунги гурелъул,
Дуда божи гьабураб аманат лъазе ккела.
Аллагьас гIадлуялъе хас гьарурал гIадамаз,
Хасал знакалги лъун лъазабун буго дуда.
Гьел знаказда ругел киналго малъа-хъваял,
КигIан гьитIиналниги, тIурачIого гIоларо.
ГIанчIаб, гогьаб дур ракIги данде гьимулеб нухги,
Хехаб скоросталъул импортний машинаги,
Мун кантIеян ахIулел ахIул ишарабиги, -
Эзий мутIигIлъичIони бачIун щолеб балагьги.
Балагьалдаса цIуни, гIайибалде ккунгутIи,
ГIемерисеб бан буго дур гIадлу цIуниялда.
ЦIалулелъул малъараб, лъачIого жиб гIолареб,
Вождениялъул тIалаб тIаса дуда унаро.
ТIадеги цо рес гьечIеб, рехсечIого гIолареб,
ГIемер чиги гъапулаб шартIги баян гьабизин:
Шоферзабазе хасго агьамаб бугониги
Гьел тун нахъиязеги пайдаяблъун бугелъул.
ЛъикIал гIамалаздалъун бечелъизе бокьарас,
Бегьулебщинаб бакIалъ Бисмиллагьан абила.
Бисмиллагь бахъичIого байбихьарабщиналъулъ,
ЩайтIан гIахьаллъулилан гIелмуялъги бицуна.
Берцинаб сифаталда Аллагьасул цIар рехсон,
Руль ккурав шоферасе щвела гьелъул баракат.
Гьелда хадуб салават Расуласде битIани,
ТIаде шафагIаталъул рахасги халалъила.
Ахираталъе давла данде гьабулев чияс,
Даимго какичури цIуничIого теларо.
Таждидалде хIалкIвани кIудияб гьунар буго,
Нуралде тIадеги нур тIураб гIадин букIина.
БацIцIадго какичурун машиналде вахарав,
Шофер балагьалдаса цIунила, иншаАллагь.
Гьелда хадуб какалъул кIиго ракагIат бани,
Билал-асхIабасул нух ккуравлъунги вукIина.
Эбел-эменгун ургъун, эзулгун гIакълу дандбан,
Дуца бахъараб гали гIибадатлъун букIина.
КIиялгоги разилъун гьез нухав тIовитIани,
ТIадвуссун аралъуса нухбитIунги вачIина.
Ният бацIцIадаб букIун, хIалалаб сапар бухьун,
ХIарамабщиналдаса цIунун тижарат гьабун,
Гьалмагъасул хIал баччун боцIухъ яхI бичичIого,
РацIцIалъи цIунарасул щваралда баркат лъела.
Лъимал-лъадигун рекъон, ракI гьездехун лъикI гьабун,
ЛъикIаб-квешаб гьоркьоб лъун, гьел разияб хIал цIунун,
ЦIакъго къвакIун-тамахлъун, гIорхъолъа ворчIичIого
Хъизан данде бачарав бищун талихIав вуго.
Балагьаздаса цIунун рахIмат щвезе бокьарав
Шоферас цIуне абе рехсон арал шурутIал.
ШаргIиял дарабазул баркаталде хьул лъурас
Берцинго тIуразаре тIадалщинал умурал.
Шоферзаби киналго гьединищха хьвадулел,
Гьел сунцаха цIунулел балагьаздаса абун,
Абуге, дадал лъимал, лъикI ралагье церехун,
Лъадаре анщинахъе гIертIал рекуларелин.
ГIемерисеб талихIкъин, рукъзабахъ магIирукъ лъей,
Лъимал бесдаллъун хутIи, - сунцаха тIаде цIалеб?
ЦIарал къоялги тIагIун нагагь къадар щваниги,
Щвела хвел шагьидияб гьел шартIал цIунарасе.
Шишаялъул гурони мацI лъаларев ватани,
Лъеда хъвараб хъатIалъгIан гьалъ дуй пайда кьеларо.
Кьураб гIакълу-лъай лъезе къвачIа дур батичIони,
Дуй хъвазе дарабазул дида рецепт лъаларо.
Дица мун тIовитIила тIолазего гIахьалаб,
ТIолго махлукъаталъул тохтурасул рагьдухъе.
РакIбухIун дур батани, тавбуялде къасд ккани, -
Къабул гьабизе РахIман хIадур вугин, кантIе мун!
ХIарамгин хIалалалъул батIалъи гьабуларев,
ЛъикIаб-квешалда гъорлъа бищизе гьунар гьечIев,
ЧIегIерабгин хъахIалъе къимат кьезе лъаларев,
Балид мун ватичIони, те какарал пишаби!

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


«Инсаналъ» кумек гьабулеб буго

Дагъистаналда ккараб тIабигIияб балагьалъул хIасилалда «Инсан» фондалъ гьабулеб кумек буго цIакъго кIвар бугеб. Гьанжеялдего гьез кумек хIажатазе бикьана 20 тонна къайи-цIаялъул ва кванил нигIматазул. Гьединаб кумекин абуни щвана 3000 хъизамалъе. Гьединго «Инсан» фондалъ, къварилъи ккаразе кумек...


Балагь-къварилъи

Бусурбанчиясе, тIаде рачIунел тIабигIиял балагьал, букIа гьеб ракь багъари, гьурал рахъин, гIаммал унтаби, лъим кIанцIи ва цогидалги, гьеб буго бечедав-мискинав абун течIого, щивав чи кумек, хвасарлъи тIалаб гьабун къватIиве вахъунеб заман. Гьеб хIалалъулъ чияда ракIалде щола дунял тIаса ине,...


Суал-жаваб

Гамида рекIун сапар гьабулев чиясул сапар киб байбихьулеб? Шагьар бугони ралъдал рагӀалда бугеб, ракьалдасан гьенире щвезегIан рекIун ине кколелги гьечIони ва гамидал ралъдал рагӀалде бачIинеги кIолеб бугони, сапаралъул байбилъун лъугьуна (гьес как къокъ гьабизе ва тIаде росун разе гIадал...


Дагъистаниязде хитIаб

ХIурматиял диналъул вацал ва яцал, Дагъистаналда бараб чвахунцIадалъ гьабураб къварилъи нилъее ккола иргадулаб хIалбихьилъун.   ТIоцебесеб иргаялда, гIезегIан чи махIрумлъана мина-карталдаса ва магIишаталдаса. Гьайгьай, гьебги ккола тIаде тIамураб хIалбихьилъун. КIиабизе, тIабигIияб...


Сабру тIагIин буго балагь

Кинаб бугониги балагь бачIиндал, нилъеда ракIалде ккола гьабунщинаб гIадада хванин, дица щиб гьабилебин абун, сабру тIагIуна.   Гьеб буго мекъаб пикру, гьединаб лъугьа-бахъиналда сабру гьабун чIезе ккола. Сабру гьабиялъулъ буго инсанасул къуват, бусурбанчиясул иман. Балагь бачIиндал, гьелъ...